Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

  • Всего материалов:
    26
  • Самый ранний:
    09.07.2019
  • Самый поздний:
    13.04.2022
Найдено 26 объектов
19.08.2019

«РачIа Дагъистан цебетIезабизе».

РДялъул администрациялъул нухмалъулев В.Ивановасул бетIерлъиялда гъоркь 8 августалъ, МахIачхъалаялда тIобитIана районазул ва шагьаразул муниципалиял бутIрулги жавабиял министралги гIахьаллъараб гIатIидаб данделъи. Гьеб данделъиялъул аслияб ахIи букIана «РачIа нилъеца Дагъистан цIияб гучалъ цебетIезабизе». Республикаялъул данделъиялда хIисаб гьабуна «Дир Дагъистан-бацIцIадаб лъим», «Дир Дагъистан-нижер шагьранухал», «Дир Дагъистан–санагIалъабазул тIабигIат» абурал проектал рагIалде рахъинариялъул суалал. Гьеб данделъиялда гIахьаллъана нилъер районалъул бетIер МухIамад ХIасанов ва райсобраниялъул председатель МухIамадамин Хизроев.
09.07.2019

Сессия ХIажатал хIукмаби

1 июлалъ администрациялда тIобитIана райсобраниялъул иргадулаб 21 сессия. Гьоркьор лъурал суалалги рехсон гьеб нухда бачана райсобраниялъул председатель МухIамадамин Хизроевас. Сессиялда гIахьаллъана районалъул бетIер МухIамад ХIасанов, райсобраниялъул депутатал, УСЗНалъул нухмалъулев И.ХIамзатов, КЦСОНалъул нухмалъулесул заместитель М. Нуров, Ветеринарияб управлениялъул нухмалъулев Къ. КъурбанмухIамадов, росабазул бегавулзаби, районалъул идарабазул нухмалъулел ва цогидал.