Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ГьитIинаб росдал басриял масъалаби

Автор: П. ГьитIинова

Росулъ бугеб лъадакълъиялъул масъала районалъул бетIер МухIамад ХIасановасе рагьизе рачIун рукIана дагьалъ цере Лъахъ росдал имам ШехмухIамад Абакаров, ясли-ахалъул нухмалъулей Маржанат МухIамадова, жамагIатчи МухIамад Шамилов.

Гьез бицана росдал аслиял идараби ( школа, ясли-ах, медпункт, кIиго мажгит, мадраса) ругел идарабзда гьекъолеб лъадал бугеб къанагIатлъиялъул. Гьел идарабаздаги, цIилъун бачIунеб басрияб росдал авалалдеги къатIра гьечIого лъим къотIарабги заман букIунин абуна гьез. Гьеб масъала хIисабалдеги босун хIалкIвараб кумек гьабизе рагIи кьуна районалъул бетIерас.

Дагъистаналдасаго халкъ хьвадулеб тIарикъаталъул устар ХIамзат афандиясул зияраталда бараб мажгиталда каки чуризе лъим гьечIел къоял чанги рукIуна. Гьекъолеб лъадалгицин къанагIалъи бугеб Лъахъ росдал бахча-ах лъалъазе лъим щвей — гьеб кидаго анишлъун бугеб жо буго. Гьидалъ цохIо Лъахъ гурони гьечIо риидалил заманаялъ росулъ гIачи-бачазул рехьед букIунеб бакI. ГIадамаз жидер рукъалда цебе бугеб пер-хералде лъим биччани боцIцIи гьекъолел рогIораби чIороголъула. Кинха магIарухъ магIишат гьабилеб рукъалда цебе бугеб гъотIоде биччазе лъим щолеб гьечIони? Гьеб буго ГьентIа-МачIадаса разилъиги тIалаб гьабун, гьениса эхебе цо гьитIинаб шланг рехани тIубалеб суал.

Цо масъала рехсолаго цогидаб бахчиялъул магIна гьечIо. Санайил нухал къачIазе кколареб, иххал щолареб, мегъал гIатIидаб майданлъиялда бугеб Лъахъ росдаде санайил бюджеталъул гIарацго сундедай унеб?-ин кьезе бегьила суал. Росулъ киданиги букIинчIо культураялъул бокIонцин, бугебги библиотека жалго гIадамал бетIергьанаб минаялъуб хIебтIун букIана кидаго. Гьединго кIиго росдал (гъоркьа ГIурада, Лъахъ) росдал лъимал цIалулеб гьоркьохъеб школалда букIинчIо ва гьечIо кигIан гьитIинабгIаги спортзал. Спорталде рокьи кин бижилеб лъималазул, маданияталъул бичIчIи кин щвелеб? Кинал спорталъул ва гIаммал тадбираз гьел церетIелел? Спорталде рокьи бугелги, чанго километраялъ рикIкIада бугеб, ГIурада спортшколалде хьвадизе ккола.

Узухъда, руго лъикIал рахъалги ахираб 10 соналъ лъугьарал. Советияб заманалъ гьебго нух нахъе толаан лъабго класс лъугIарабго киналго школлъималаз. Росулъ бана гьоркьохъеб школа, гьеб бухIун хадуб къокъаб заманалда къачIана. Гьединго бан кьуна лъикIаб медпунктги, рагьана ясли-ах.

ГIадамазул хьул буго районалъул ва росдал администрациязул нухмалъулез гьезул масъалабазде кIвар буссинабилин

Халкъалъул гIузру кидаго гурелъулха жаниб хутIулеб. МагIарухъ яшавги гьабун, жидер хIалалаб магIишаталда бугеб сабураб жамагIаталъул чара гьечIел шартIазулниги тIалаб хIукуматалдаса тIаса ине ресги букIинищ?

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

20