Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Районцоязе рацIцIадал нигIматалги захIматчагIазе шапакъаталги

Автор: Гитинова П.Д
Отв.секретарь
Источник: Пресс-служба МО "Шамильский район"

Районалъул росдал магIишаталъул хIаракатчагIи кIодо гьарулеб тадбир тIобитIана 19 октябралъ ХIебда.

Гьеб къоялъ радал росдал магIишат цебетIеялъе къеркьолел ругел хIалтIухъаби данде ракIарун рукIана райадминистрациялда.

Росдал магIишаталъул отделалъул нухмалъулев ГьитIино МахIачевас данделъиги рагьун, тIоцебесеб иргаялда баркана росдал магIишаталъул хIалтIухъабазда гьезул профессионалияб байрам. Гьединго, гьес баян кьуна араб соналъул ва исанасеб ичIго моцIалъул хIасилазда рекъон росдал магIишаталъул цебетIеялъул, рехсана лъикIаб хIалтIи бихьизабурал магIишатал, бицана найихъабазе хIукуматалъул рахъалдаса щвезе рес бугеб кверчIваялъул. Гьединго, лъикIаб кумек щвезе рес буго ахал гIезаризе бокьаразеги. Гьеб суалалдасан мухIканлъи кьезе мурадалда хасгьабун данделъиялде ахIун вукIана МФЦялъул юрист ГIабдула ГIалиев. Гьес бицана хIукуматалъ рихьизарурал шартIазул ва хехаб заманалда жаниб ах гIезабизе бокьаразе ДРялъул экономикаялъул министерствоялдасан щвезе рес бугеб гIарцулаб кумекалъул.

Росдал магIишаталъул захIматчагIаздехун баркиялъулаб кIалъай гьабуна райсобраниялъул председатель МухIамадамин Хизроевасги. Жакъасеб къоялъ гьезул бугеб захIматаб,амма кIвар цIикIкIараб хIалтIи бичIчIун, росдал магIишаталъул хIалтIухъабазе гьес гьарана сахлъиги, магIишатал церетIезаризе къуватги икъбалги.

Гьединго, данделъиялда борхана суал районалда унеб бугеб рагъда ругезе ва гьезул хъизаназе кумек гьабиялъе гIуцIараб «Кинабго фронталъе. Кинабго бергьенлъиялъе» фондалъул хIалтIул. Фондалъ гьабураб кумекалъул ва цере лъун ругел масъалабазул баян «Цолъи»ялъул редактор П.МухIамадовалъ кьедал, данделъараз жидерго рахъалдаса кумек гьабиялъул пикру загьир гьабуна. -ГIаммаб ишалдаса нахъе къан чIоларо ниж. Росдал магIишатазул нухмалъулезги гьабизе буго кумек,- ян тIаде жубана ГьитIиноМахIачевас.

Хадубккун, араб соналъул ва исанасеб ичIго моцIалъул заманалда жаниб росдал магIишаталъул производителазда гьоркьор бищун лъикIал хIасилал рихьизарурал магIишатазе кьуна райадминистрациялъул рахъалдасан шапакъатал. Къецазул хIасилазда 1-себ бакI щвана «М.ХIасановасул» СПКялъе- нухмалъулев И.Ибрагьимхалилов, 2-леб бакIалде бачIана «Ругъелда» СПК -председатель ГI.ИсмагIилов, 3-леб бакI гьоркьоб бикьана ГьентIа росдал СПКялъ ва Гьанхъадерил СПКялъ.

Росдал магIишаталъул къо баркун, районалъул администрациялъул рахъалдасан хIурматалъул грамота кьуна «М.ХIасанова» СПКялъул доярка Залму АхIмадовалъе, «Гьандихъ» СПКялъул гIиявехь МухIамад МухIадовасе, «ГьентIа» СПКялъул производствоялъул заведующий МухIамад МухIамадовасе ва «Ругъелда» СПКялъул механизатор ПатахI ГIабдухаликъовасе. Гьединго, районалъул бетIерасул рахъалдаса баркалаялъул кагътал кьуна ИП «Исманат»алъул бетIергьан И.ХIадисовалъе, М.Асиятиловасе -КФХ «ХIарада», ветуправленияъул ветврач М.ГIумаровасе ва росдал магIишаталъул отделалъул бухгалтер М.СалихIовасе.

Хадубккун киналго данделъиялъул гIахьалчагIи къокъана ХIебда кIудияб мажгиталда аскIоб бугеб майданалда тIобитIараб росдал магIишатазул нигIматазул ярмаркаялде.

Ярмаркаялда жигараб гIахьаллъи гьабуна сверухъ ругел росабалъа гIадамаз, жалго бетIергьанал ва росдал магIишатазул хIалтIухъабаз. СПКялгун ЛПХаяз базар-майданалда тIиритIун рукIана хасалихълъиялде????

Ярмаркаялда букIана магIарухъа, хъутабаздаса кинабго жидецаго гIезабураб продукция — гьанал, рахьдал, хур-ахалъул ва цогидал нигIматал. Дару-хер жубазабичIого ричулел нигIматал кидаго щоларо, хасго рекъараб багьаялде. ГIор щварабго цIул бахъеян абухъего, босулезул къадар гIемер букIана гьениб. МагIарухъ бижараб пихъ-мичI, гьединго рахьдал нигIматазул, гьан, мохмох кинаб бокьаниги тIад хъирщун босизе букIана СПКязги сверухъ ругел росабалъа гIадамазги бачIун. Исана цIикIкIун бачIин бахъарал найихъабаз бакъул чIоразукь кенчIолеб бацIцIадаб гьацIудалъун хьезаруна ярмаркаялде щваравщинав.

Майданалда тIиритIарал нигIматазе къимат кьезе щвана райсобраниялъул председатель МухIамадамин Хизроев ва Шамил районалъул росдал магIишаталъул отделалъул нухмалъулев ГьитIино МахIачев. НигIматазул хIал бихьараз цIакъ лъикIаб къимат кьуна бацIцIадаб продукциялъе.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

10