Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

  • Всего материалов:
    14
  • Самый ранний:
    09.07.2019
  • Самый поздний:
    22.08.2022
Найдено 14 объектов
10.07.2019

Наслаби рачIана гIасраби хъвалхьун..

МагIарулазул интеллигенциялъул, мугIалимзабазул ва жамгIиял хIаракатчагIаздасан гIуцIараб къокъа щвана нилъер районалде 29-30 июналъ. БатIи-батIиял районазда ва шагьараздаса вакилзаби цолъиялъе гIила букIана басрияб Гьидалъе щвезе гъира. Гьезда гьоркьор рукIана цересел гIасрабаз Гьидалъа Гъуниб, ЧIарада ва ЦIумада мухъазул ракьазде гочарал гьидерил наслабазул чагIи.
09.07.2019

Чехиялдаса ансамбль нилъехъ гьоболлъухъ

Дагъистаналъул фольклориял коллективал кидаго гIахьаллъула халкъазда гьоркьосеб «Горцы» фестивалалда. Исана гьеб тIобитIана ичIабилеб нухалъ. Гьенир гIахьаллъана Чехия, Словакия, Иран, Сербия, Индия, Азербайджан, Казахстан улкабаздаса, Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса ва Дагъистаналдаса кIикъоялда анцIгоялдаса цIикIкIун коллективаз. Фестивалалъул аслияб мурад буго мугIрузул ракьалда ругел гIадамазул яшав, гIадатал, маданият цебетIезаби ва цоцазулгун бухьен цIикIкIинаби. Исанасеб фестивалалъул хасаб программаялда рекъон 29 июналъ нилъер районалде гьоболлъухъ щвана Чехиялъул «Олдсава» фольклорияб коллектив. Нилъер районалъул гIорхъода хIурматиял гьалбазда дандчIвай гьабизе ана райадминистрациялъул вакилзабазул делегация