Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

04.02.2022 09:52 Пятница
Категории (2):
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ЛъикIлъаби рекьулеб моцI

Автор: Р.Абакарова
Корреспондент

РахIматал чвахулеб баркаталъул моцI

ЦIилъараб батайги дин исламалъе.

Аллагьасул моцIан цIар тараб шагьру

Тавфикъ кьейги нижей дур адаб кквезе.

Хириял диналъул вацалги ва яцалги -гьале нилъеде тIаде щвана жинда жаниб рагъ хIарам гьабурал моцIазул цояблъун кколеб Ражаб моцI. МухIамад аварагас (с.гI.в.с.) бицараб хIадисалда буго: «КIочон тоге, Ражаб ТIадегIанасул моцI кколеблъи. Гьел моцIаз гьабураб лъикIаб гIамалалъухъ ва гIибадаталъухъ кири Аллагьас чанго нухалъ цIикIкIинабула ва тавбу гьабуразул мунагьал чурула. Аварагасул (с.гI.в.с.) хIадис буго: «Ражаб моцIалъ цо кIал ккурав щив чи вугониги, гьев кIикъого соналъ кIал ккурав чиясда релълъуна», -ян. ТIубанго Ражаб моцI ккун бажаричIони, моцIалъул тIоцебесеб, ахирисеб ва бакьулъа лъаб-лъаб къоялъ яги итни- хамизалъул къояз кквезе гIамал гьабизе ккела.

Сахаб моцIалъ кквезе жив гIажизлъарас,

КIвараб жигар бахъе лъабго кIал кквезе:

Авалаб, ахираб, анцIила щуйилъ,

Иншаалагь щвела моцIалъул кири. (ЧIикIаса СагIид-афанди)

Аварагас (с.гI.в.с.) гьединго абун буго: «Ле, гIадамал, нужеца гIин тIаме. ХIакълъунго, Ражаб Аллагьасул моцI буго. ШагIбан дир моцI буго, Рамазанги дир умматалъул моцI буго. Жинца иманги лъун, Аллагь разилъиги тIалаб гьабун Ражаб моцIалъул цо кIал ккурасе Аллагь разилъиги щола Фирдавс абулеб Алжаналдеги лъугьуна.

Ражаб, гьединго, ккола жидер адаб гьабун Аллагьас рагъизе, дагIба-рагIи гьабизе гьукъараб ункъго моцIаздасан цояб. Гьеб моцIалъ рещтIунеб рахIматалъе гIоло Ражаб моцIалда Аллагьасул моцIилан абула.

Ражаб моцIалъул хасго хириял къоял

Ражаб ккола исламияб календаралда рекъон анкьабилеб моцI. «Ражаб» абураб цIар бачIана «Ражаба» абураб гIараб рагIиялдаса. Гьелъул магIнаги ккола кIодо гьабунаян абураб. Гьеб моцIалъул къоло анкьабилеб сордо ккола МигIражалъул сордо. Гьеб сордоялъ лъиего кьечIеб бищун тIадегIанаб даражаялде вахинавуна нилъер Авараг (с.гI.в.с.). Суннатаб буго мигIражалъул сордоялъ Аварагасул хиралъи-тIадегIанлъиялъул бицине, хадусеб къоялъ суннатаб кIал кквезе, садакъа бикьизе ва дугIа цIализе.

ХIадисалда абулеб буго: «Щуго сордо буго дугIа нахъ чIвалареб: ражаб моцIалъул тIоцебесеб сордо, шагIбан моцIалъул анцIила щуабилеб сордо, рузман сордо ва кIиябго гIидалъул къоялда цересел сардал (КIалбиччанкъоялдаги ва Къурбанкъоялдаги.) ЦIакъго хириял руго Ражаб моцIалъул тIоцебесеб къо, 15 сордо, 27-абилеб сордо ва къо. Гьел сардал чIаго гьаризе лъикIаб буго, къаси гIибадат гьабун, къад кIал ккун.

ХIадисалда абулеб буго: «Ражаб моцIалъул тIоцебесеб сордо борчIарав чиясул хвараб мехалъ ракI чIаго букIине буго. ТIадегIанав Аллагьас лъикIлъи гьесул ботIролъе тIола, ва гьев мунагьаздаса вацIцIалъула, гьабсагIаталъ эбелалъ гьавурав кинигин. Гьесие изну щола жужахIалде рехизе вугев 70 азарго мунафикъасе шафагIат гьабизе».

Хириял бусурбаби, Аллагьас нилъее киназего тавпикъ кьейги тIаде щварал хириял моцIаз Аллагь рехсон, Гьев разилъиледухъ хириял гIужал нухда тIоритIизе.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

1