Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

28.10.2022 11:10 Пятница
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Футболалъул майдан ва памятник рагьана

Автор: Гитинова П.Д
Отв.секретарь

Араб рузман къоялъ Гьандихъ тIобитIана кIиго объект рагьулеб рохалилаб тадбир. КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазе цIигьабураб памятник ва росдал гIолилазе бараб мини-футболалъул майдан официалияб хIалалъ рагьизе 21-леб октябралъ Гьандихъе щвана районалъул бетIер МухIамад ХIасанов.

 Гьединго, тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул спорталъул, маданияталъул, гIолилазул ва туризмалъул отделалъул нухмалъулев ГI.ГIабдулмухIамадовас, райадминистрациялъул специалистаз, Гьандихъ росдал бетIер ГI. ГIабдулвахIидовас ва Гьандихъ гьоркьохъеб школалъул директор М. Гъазалиевас.

Районалъул бетIергун тадбиралде ракIараралщинал тIоцере щвана КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазе цIигьабураб памятникалде. МухIамад ХIасановас росдаего кIвар цIикIкIараб кIиябго объект рагьулеб къоялъ баркиялъулаб калам гьабуна ва кIудияб баркала загьир гьабуна гIаммаб хIалтIулъ гIахьаллъаралщиназе.

- Жакъа бачIун буго заман бищунго нилъерго тарихги, тарихияб ритIухълъиги цIунизе ккараб, нилъерго умумул-бахIарзазулги, жакъасел бахIарзазулги къимат гьабизе ккараб, «гьел рагъана ВатIаналъе гIоло» -абурал рагIаби ине ккола наслабаз наслабазухъе, — ян абуна МухIамад ХIасановас.

Хадубккун, жиндирго росдада цIиял объектазул хIалтIи рагIалде бахъин баркана М.Гъазалиевас. «ЦIи гьабун буго нилъер къадруял умумузул памятник, рагьана жакъасел шартIазда рекъон бараб футболалъул майдан, унголъунги, нилъер росдае рохалилаб къо буго жакъа»,- ян тIаде жубана школалъул директорас.

ТIубараб къоялъ Гьандихъ букIана байрамияб ахIвал-хIал, школлъималаз хIадурун ратана лъикIал церерахъинал.

Гьандихъ росдал бегавулас жиндирго ва тIолабго росдал рахъалдасан баркала кьуна районалъулгун республикаялъул нухмалъиялъе росабазул жамагIатазе гьабулеб бугеб кумекалъухъ.

Объектал рагьаралдаса хадуб, гьебго къоялъ МухIамад ХIасанов щвана Гьандихъ гьоркьохъеб школалде, райбюджеталдасан биччараб гIарцуде цIи гьабулеб бугеб пищеблокалъул хIалтIухъ хал гьабизе. Гьаб соналъул ахиралде, тIолго ремонталъулал хIалтIабиги лъугIун, школлъималазе хинаб квен щвезе ккола киналго шартIал жанир чIезарураб цIияб пищеблокалда.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

11