Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

21.10.2022 14:53 Пятница
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Имам ГъазимухIамад ракIалде щвезавиялъул турнир

Автор: Гитинова П.Д
Отв.секретарь

Араб шамат къоялъ, ай 15 октябралда, Гьолокь аэродромалъул авлахъалда тIобитIана, Дагъистаналъул тIоцевесев имам ГъазимухIамад ракIалдещвеялъе чуял рекериялъул турнир.

 Къецазда гIахьаллъана Болъихъ, Буйнакск, Гумбет, Гъуниб, ЛъаратIа, Унсоколо, Хунзахъ, Хьаргаби, ЧIарада, Шамил районаздаса ва тахшагьаралдаса 31 чотIахъан.

Тадбиралда гIахьаллъана районалъул бетIер МухIамад ХIасанов ва райсобраниялъул председатель МухIамадамин Хизроев. «ХIурматиял гьалбал, къецазул гIахьалчагIи ва балагьарал! Исана анлъабилеб нухалъ нилъ данделъун руго, имам ГъазимухIамад ракIалдещвеялъул турниралда. ГIасрабазулъ цIар хъвараб гьесул гIумру нилъее ВатIан цIуниялъулъ бихьизабураб бахIарчияб мисаллъун буго. Гьединабго мисаллъун руго жакъа хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъи гьабулел нилъер ракьцоялги. Спорталъ кидаго гъункизарула гIолилал. Спортивиял къецазулъ гIахьаллъиялъ цIикIкIуна гьудуллъи, щулалъула вацлъи. Гьарула киназего къецазулъ бергьенлъи щвеялъе икъбал»-ян абуна турнир рагьулаго МухIамад ХIасановас.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

3