Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ДАССРалъ 100сон тIубай гIатIидго кIодо гьабуна

Автор: Гитинова П.Д
Отв.секретарь

Нилъер миллаталъе кIвар цIикIкIараблъун жиб ккараб, Дагъистаналъе автономия щваралдаса гIасру свериялда бан, гIемерал тадбирал гьаруна араб соналъ нилъер районалда ва тIолго республикаялда.

Гьединго, 1-3 марталда РФялъул Федерациялъул Советалда тIоритIана «Дагъистаналъул къоял». Гьениб гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовас ва республикаялъул министразул къокъаялъ. Гьел къояз жанир рачун рукIана цо чанго тадбир ва данделъаби, рагьана республикаялъул экономикияб рахъ цебетIеялъе ругел захIмалъаби ва бицана цере лъун ругел масъалабазул.

РФялъул цоги пачалихъазулгун экономикиял бухьенал церетIеялъе геоэкономикияб рахъалъ мунпагIат цIикIкIараб бакIалда букIиналъ, нилъер пачалихъалъул Дагъистаналде кидаго хасаб бербалагьи букIана. Гьединго, Дагъистаналъул бечедаб ракьалда руго улкаялъул гидроэнергетикиял ресурсал, гьаниб кидаго цебетIураблъун букIана росдал магIишат, хасаб бакI кколеб цIолбол магIишат ва цогидабги. Рекъараб гьава-бакъги, къанагIат гурони гьечIеб хIухьбахъиялъе ва сахлъиялъе ругел сурсатазги квербакъулеб буго регионалда туризм цебетIеялъеги.

Гьоркьор лъурал суалазул хIасилалда, Совет Федерациялъул сенатораз къабул гьабуна «Дагъистан республикаялъул социалиябгун экономикияб цебетIеялъе пачалихъияб кумек» абураб проект.

Дагъистаналда экологикиял шартIал загIиплъи, цIикIкIараб къадаралда халкъалъе хIалтIи гьечIолъи, хIалтIухъ мухь дагьлъи, росабалъа гIадамал шагьаразде гочин, лъикIаб медицинаялъулаб кумек гьечIолъи ва цогидалги экономика нахъе ккезабиялъе гIиллаби рехсана РФялъул Федерациялъул Советалда.

ГIезегIанисел капиталиял вложениял риччазе кколел гьел суалал лъугIизаризе «Дагъистаналъул къоязул» хIасилалда гьаруна кIвар бугел хIукмаби. 2022 соналъ ва хадубккун 2023-2024 саназ федералияб бюджеталдасан медицинаялъе гIарцудалъун хьезариялъе, МахIачхъалаялъул аэропорт къачIазе, ракь ччукIиялда хIинкъи бугел бакIаздаса шартIал ругел бакIазде гочинаризе, МахIачхъалаялда ва Дербенталда сверун нухал къачIазе, Дагъистаналъул медицинаялъул идарабазда жаниб гуреб, хехаб медицинаялъулаб кумекалъул хIалтIухъабазул къадар цIикIкIинабиялъул суал борхизе ва цогидалги социалиябгун экономикияб рахъ цебетIеялъе кумекалъулал хIалтIаби гьаризе.

ТIолго республикаялдаго гIадин, нилъер районалдаги тIоритIана гIемерал кIвар бугел тадбирал Дагъистаналъе автономия щваралдаса гIасру данде свериялда бан.

Спорталде ва туризмалде гIолилал руссинарулеллъун рукIана нилъер районалда ДАССРалъ 100 сон тIубай кIодо гьабун 2021 соналъ тIоритIарал тадбирал. Гьолокь росдал гIагарлъухъ тIоритIана Рафтингалъул фестиваль, Чуязул спортивияб туризмалъул фестиваль ва Дагъистаналъул тIоцевесев имам ГъазимухIамад ракIалдещвеялъе чуял рекериялъул турнир. Тадбиразул гIуцIарухъаби рукIана ДРялъул туризмалъул министерство, туристазул информациялъул центр «Дагъистан», дугъазул спорталъул федерация ва Дагъистаналъул чотIахъабазул цолъи.

28 марталда ХIебда маданияталъул кIалгIаялда тIобитIана цIар рагIараб чIарадисезул Пачалихъияб халкъияб хоралъул концерт. ДАССРалъ 100 сон тIубай кIодо гьабиялде сайгъат гьабураб букIана гьезул церерахъин.

23-24 сентябралъ онлайн форматалда тIобитIана «Авар Гъойсу-гьудуллъиялъул гIор»- абураб республикаялъулаб фестиваль. ХIебда маданияталъул кIалгIаялда байбихьи лъураб, ДАССРалъул 100 сон тIубаялде буссараб тадбир щибаб санайил маданияталъул гьунарчагIаз тIобитIулеб букIараб «Авар Гъойсу- гьудуллъиялъул гIор»-фестиваль, республикаялда бугеб ахIвал -хIалалда рекъон, тIобитIана онлайн режималда.

20-23 маялъ Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росдал гIагарлъуда тIобитIана республикаялъул лъайкьеялъул хIалтIухъабазул краеведениялъулабгун туристазул 15-абилеб слёт. Гьеб букIана ДАССРалъул гIасруялъулаб юбилей кIодо гьабиялде буссараб. Слёталъул аслиял мурадал рукIана краеведениялъул хIалтIиялде, туризмалде ва сахлъи цIуниялде гъира базаби, коллективазда гьоркьоб бухьен щула гьаби. Гьеб гIуцIун букIана ДРялъул лъайкьеялъул ва гIелмабазул министерствоялъ, Дагъистаналъул профсоюзазул гIуцIиялъул кумекалдалъун. Гьениб нилъер районалъул командаялъ босана 2-леб бакI.

ТIолго республикаялдаго тIобитIана «ДАССРалъ 100 сон тIубай» абураб диктант хъваялъул тадбирал. 14 январалда нилъер районалъул цIалдохъабазги гIахьаллъи гьабуна гьелда. Диктанталъул текстал хурхинарун рукIана Дагъистаналъул тарих, маданият, халкъиял бахIарзал, рахьдал мацIал, тIабигIиял бечелъаби лъазариялда.

Киса-кирего гIадин, нилъер районалъул школаздаги араб соналъ тIоритIана Дагъистаналъул тарих ва тIолго дагъистаниязул къисмат хисизабураб хIужжаялде руссун тIоритIулел тадбирал. Тадбиразул аслияб масъалалъун букIана гIун бачIунеб гIелалъе патриотикияб тарбия щвей, гьезда Дагъистаналъул тарих лъазаби, ВатIаналде рокьи бижизаби. Церерахъиназда гьез рихьизаруна умумузул хьвада-чIвади, гIадатал, букIараб магIишат-яшав.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

2