Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ЧIорого руссинчIо мугIалимзаби

Автор: П. ГьитIинова

13- 14 июлалъ Хунзахъ мухъалъул МакьастIа абулеб, тIабигIат берцинаб гIатIилъухъ тIобитIана Авар мацIалъул мугIалимзабазул 3-абилеб руцIцIен. Гьениб гIахьаллъана Дагъистаналъул районаздаса ва шагьараздаса бачIараб мугIалимзабазул 25 команда. Гьеб тадбиралъул хIурматиял гьалбаллъун рукIана магIарулазул бищунго борхалъуде рахарал, мацIалъул ва адабияталъул гIалимзаби, журналистал, шагIирзаби, хъвадарухъаби, маданияталъул махщелчагIи, жамгIиял гIуцIабазул нухмалъулел.

МагIарул мацI гьуин гьабиялъе, гьеб рухIияб хазина цIуниялъе нухал ва ресал ралагьиялда, ратиялда хурхарал рукIана машгьурал гIадамаз гьенир гьарунщинал кIалъаязул магIнаги. КIиго къоялъ халат бахъараб гьеб байрамалъ данде гьаруна магIарул мацIалъул мугIалимзаби гурелги гьезул махщалил къимат бичIчIулел рикIкIен гIемерал магIарулалги. Рахьдал мацIалъул масъалабазул бицун гуребги гьенир данделъаразда бихьана щибаб мухъалъул гIадат-гIамал, фольклор, ратIлил формаялъул хаслъи. Гьеб кинабго жанибе бачун букIана командабазда жидерго программаялда.

Араб соналъ Болъихъ районалъул гIандадерил хIорихъ тIобитIараб гьабго тадбиралда кIиабилеб бакI босун букIана нилъер районалъул мугIалимзабазул командаялъ. Исана нилъерал мустахIикълъана гIицIго лъабабилеб бакIалъе. Гьелъие гIиллалъунги ккана кватIун рекIеда рати, хIадурлъизе цохIониги нухалъ данде ракIаричIолъи. Кин бугониги кIиябго къоялъ киназего загьираб гIахьаллъи гьабуна нилъераз. Исанасеб командаялда цадахъ рукIана райОНОялъул авар мацIалъул куратор ПатIимат Хизроева, ХIебда школалъул завуч ПатIимат Рамазанова, ТIидиб школалъул завуч Асият АбдурахIманова, Гьоориб школалъул мугIалим Раисат МухIамадова. Командаялда гъорлъ рукIана Ругъелда школа искусствоялъул ва культураялъул хIалтIухъабазул кIудияб къокъаги. Цереккун хIадурунго гьечIониги гьез бихьизабуна умумузул заманаялъ вас гьавураб рокъоб букIараб миллияб хаслъи. Гьезул зурма-къалиялъул накъитаз кверде босун букIана хIикматаб берцинлъиялъул тIабигIаталда данделъараб халкъ.Тадбиралда хурхараб темаялда магIнаяб шигIрияб рагIи программаялда жубазабуна ХIебда школалъул мугIалим ПатIина ГIалиевалъ ва Микьигьориса Умагьани ХIадисовалъ. ПатIинал нухмалъиялда гIуцIараб нилъер богорукъги къабуллъана киналго гьалбадерие. ТIаде бачIанщинаб халкъалъул гIемерлъиялъ сурат бахъизе эхетизе бакIцин щвечIо гьеб конкурсалъул.

Нилъер командаялъул рахъ ккун хьолбохъ чIана магIарулазе къиматал, гьунар тIокIал кочIохъаби ТIелекьа ХIабиб Хирисулаев ва Зивуриса ХIусен ГIамирханов. Гьединго шагьараздаса рачIарал бищунго лъикIал командабазда гьоркьорги рукIана, жалго гIумру гьабун ругел бакIазда магIарул мацIалъул мугIалимзабилъун хIалтIулел нилъер районцоял. Гьеб кинабго хIисабалде босани бищунго берцинаб ва чIагояб гIахьаллъи букIана нилъеразул.

Жюриялъ гьарурал хIасилал гьадинал ккана:

1 — себ бакI ккуна Унсоколо мухъалъул мугIалимзабазул къокъаялъ;

2 — абилеб бакI кьуна Казбек мухъалъе ва Каспийск шагьаралъе;

3 — абилеб бакI бикьана Шамил мухъалда, МахIачхъалаялда ва Гъизилюрт шагьаразда гьоркьоб.

Авар мацIалъул мугIалимзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху МухIидиновалъ хасаб баркала загьир гьабуна тадбир берцин гьабурал нилъер районалъул гьунарчагIазе.

Къолохъе чIехьолеб цIад бугониги гьенир рачIаразе санагIатхвей биччачIо хунздерица. МагIарул мацIалъул ассоциалъиялъе хIажаталъе аскIор эхетун рукIана Хунзахъ районалъул нухмалъулел. Баркала гьезие гьоболлъиялъухъ, гIаданлъиялъухъ.

ГIадатлъун билълъухъе, хадусеб слет тIобитIула бергьенлъи босараб командаялъул районалда. ТIасияб соналъул 18-19 июлалъ авар мацIалъул мугIалимзаби дандчIвазе руго Унсоколосезул ракьалда.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

1