Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

28.03.2019 13:49 Четверг
Категории (2):
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ТIегьалел руго росабалъ некIсиял кIалгIаби

Автор: П.МухIамадова

Маданияталъул хIаракатчагIазул кIваралдалъун руго цIунун миллаталъул аслиял гIаламатал. Хасго нилъер районалъул гьидерил мухъалъул гIадамаз жидерго миллияб ретIелгун магIарул мисал-хасият цIакъго загьир гьабула. Хадубккунги, маданияталъул нухда миллаталдехун рокьигун гьабулеб хIалтIи цебетIезабиялъе рес кьуна ТIидиб росдае.

15 марталда Маданияталъул цIи гьабун къачIараб кIалгIа рагьулеб тадбир тIобитIана ТIидиб.

Байрамалъулаб ахIвал-хIалалда араб тадбиралда гIахьаллъана Культураялъул министралъул заместитель Мурад ХIажиев, районалъул бетIер МухIамад ХIасанов, аскIор ругел росабазул бегавулзаби, Къелеб, Гьоориб ва ХIебда маданияталъул хIалтIухъаби, школа-искусствоялъул лъимал ва цогидал.

«Культура России 2015-2020» абураб миллияб программаялда рекъон федералияб бюджеталдаса биччараб гIарцуде кьучIдасанго хисизабун къачIан буго ТIидиб Маданияталъул кIалгIа. Гьеб программаялда гIахьаллъи гьабуна райадминистрациялъул ва сахлъи цIуниялъул министрлъун вукIарав Танка Ибрагьимовасул квербакъиялдалъун. ТIоцебесеб гIарцул бутIа (5 %) биччана районалъул бюджеталдаса. Федералияб бюджеталдаса биччараб 9,5 миллион хIалтIизабун цIакъ мухIканго къачIан буго гьеб. Лъун руго 280 чи гIодор чIолеб залалда киналго цIиял бакIал. Сценаялда гъоркь гьабун буго кIиго цIияб, рукIине кколелщинал шартIалги жанир чIезарураб, артистазул рукъ. Клубалда аскIобго бан буго библиотекаялъе цIияб мина. Гьенибго гIуцIун буго музей. Сверухълъиялдасанго бихьулеб буго гьабун бугеб кIудияб хIалтIи.

Официалияб бутIа байбихьун, багIараб лента къотIун цIи гьабураб Маданияталъул кIалгIаялъул нуцIби рагьизе ихтияр кьун букIана Мурад ХIажиевасе, МухIамад ХIасановасе ва ТIидиб росдал бегавул ХIусейн ХIусейновасе. Гьелдаса хадуб залалда байбихьана маданиябгун халкъиял церерахъинал.

Сценаялда маданияталъул хIаракатчагIазул программа байбихьилалдего , залалда гIодор чIун рукIарал руччабаз биччана цо щобил бакъан.. Гьеб букIун батила гьезул ракIазулъ бугеб рохел загьир гьаби. Цо батIияб асар гьабуна гьелъ ракIараралщиназе.

Тадбир нухда бачарав, районалъул маданиятгун спорталъул отделалъул нухмалъулев Гъапар ГIабдуламухIамадовас баркала кьуна Танка Ибрагьимовасеги, ДРялъул Маданияталъул министр Зарема Бутаевалъе ва районалъул бетIер МухIамад ХIасановасе клуб къачIазе квербакъаралъухъ.

Тадбир бечед гьабуна гьенир гIахьаллъарал районалъул маданияталъул хIаракатчагIаз , школа- искусствоялъул лъималаз ва баркигун баркала загьир гьабулел кIалъаяз. ЦIакъ хIайранал церерахъинал рихьизаруна ТIидиб школалъул ва садикалъул лъималаз.

Маданияталъул министерствоялъ вакил гьавун вачIарав Мурад ХIажиевас Баркалаялъул кагъат кьуна ТIидиб росдал бегавул ХIусейн ХIусейновасе. Гьединго министерствоялъул ХIурматиял кагътал кьуна ТIидиб КДЦалъул нухмалъулев МухIамад ГIисалмухIамадовасе, «Дагъбаш» ансамблялъул солистал ГIарип ГIабдулхаликъовасе ва Муслим ХIасановасе, Гьоориб КДЦалъул худрук ГIайшат ГIалиевалъе, ГIурада КДЦалъул нухмалъулей ГьитIинехадижат Нуровалъе, Ругъелда филиалалъул хIалтIухъан Узлипат Давудовалъе.

Байрамияб тадбиралъе ахир лъуна гьалбадерий хIадурараб сухIматалъ.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

2