Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

28.03.2019 13:43 Четверг
Категории (2):
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Миллат гъункизабулеб байрам

Автор: П.МухIамадова

Бечедаб тарихалъул, бахIарчияб халкъалъул мацI – магIарул мацI! Гьеб цIуниялъе, гьуинлъизабиялъе кIудияб хIалтIи гьабулеб буго Регионалияб МагIарул Миллиябгун Маданияб Автономиялъ. МагIарул тарихалъул, бахIарчилъиялъул чанги къиматал тIахьал риччана МагIарул Автономиялъ. Халкъалъе информация кьей гуребги гIемераб хIалтIи гьабулеб буго магIарулал гъункиялъе, нилъер рухIияб рахъ бечед гьабиялъе. Гьеб ишалъул бищун кIудияб мисаллъун буго исанаги иргадулаб нухалъ 23-24 февралалда ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб Авар театралда тIобитIараб фестиваль. Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул къоялде гьабураб гьеб данде ракIари исана букIана анлъабилеб.

Унго-унгояб байрамлъун букIана гьеб исанаги миллатгун мацI хириял магIарулазе. Республикаялъул машгьурал хъвадарухъаби, магIарулазул интеллигенция, рахьдал мацIалъул мугIалимзаби, маданияталъул гIахьалчагIи, цIалдохъаби хIатта ясли-ахазул гьитIичалцин данде ракIарун рукIана гьеб тадбиралъ.

ТIоцебесеб къоялъ Авар театралъул фойеялда тIоритIун рукIана тIахьазул ва батIи-батIиял районазул махщелчагIазул выставкаби. Байбихьудасаго байрамалъулаб ахIвал-хIалалда, аваданго инеб букIана фестиваль.

Тадбир рагьигун тIоцебе рагIи кьурай Миллияб политикаялъул министр Татьяна Гамалейица гьабуна баркиялъулаб кIалъай. Халкъалъул жигарчилъиялдалъун гIуцIарал тадбиразулъ ва фестивалазулъ бугеб кIудияб магIнаялде кIвар буссинабуна гьелъ. Авар мацIалъ кIалъалевщинас жиндирго миллаталде бугеб рокьи хабаралдалъун гуреб, гьабулеб ишалдалъун загьир гьабизе кколин абуна министралъ. Дагъистаналда жамгIиял гIуцIабаз тIоритIулел киналгIаги тадбиразулъ МагIарул Миллияб Автономиялъ гьабулеб рахьдал мацIалъул фестиваль бищунго кIудияб ва цогидал миллатазги мисал босизе мустахIикъаб бугилан абуна гьелъ.

Дагъистаналдаго машгьураб пагьму-гьунаралъул хъвадарухъабазул, шагIирзабазул кIалъаяз берцин гьабуна тадбир. Дагъистаналъул хъвадарухъабазул цолъиялъул, цогидал миллатазул хъвадарухъабиги гIахьаллъана гьенир.

Фестивалалъул хадусеб бутIа Авар театралъул сценаялде рахъарал мугIрул районазул мугIалимзабазулгун цIалдохъабазул къокъабазул церерахъиназ ккуна. Гьеб гIуцIун букIана Авар мацIалъул Ассоциациялъул хIаракатчилъиялдалъун. Гьез гIуцIараб бечедаб программаялда гIахьаллъи гьабуна нилъер районалъулги мугIалимзабазулгун цIалдохъабазул къокъаялъ. Араб соналъул риидал Болъихъ тIобитIараб Авар мацIалъул фестивалалда кIиабилеб бакI ккун букIана гьеб командаялъ. Балагьаралщинал паналъизарулеблъун букIана ХIебда школалъул цIалдохъабаз бихьизабураб сценка. Кутакалда гъваридаб магIнаялъул, къокъаб заманалда жаниб магIарулал щал чагIи ругеяли бичIчIизабулеб ва гьаб заманалда рахьдал мацIазул бугеб сипат-сурат бихьизабулеблъун букIана гьеб. Гьенир цере рахъарал нилъер цIалдохъабазул церерахъиналъе тIадегIанаб къимат кьуна Авар мацIалъул Ассоциациялъ, залалда рукIарал машгьурал магIарулаз.

Щибаб росдалгун районазул гIадат-гIамал, хаслъи- гьеб буго миллаталъулго рухIияб бечелъи. Гьедин жидерго хаслъи букIана щибаб районалъул церерахъиназулъ. ЦIакъго кIарчамаб ва хIайранаблъун букIана ЦIунтIа мухъалъул гьитIичазул ансамблялъул кьурди. Гвангъараб ретIелгун гьурмада гьимигун гьабураб кьурдиялъ рекIелъ асар гьабичIев чиго тун ватиларин ккола.

КIиабилеб къоялъ Авар мацIалъул басмабазул Ассоциациялъул нухмалъиялда гъоркь театралъул гIатIидаб жанахIалъуб гIуцIун букIана магIарул газетазул, журналазул ва тIахьазул выставка. Гьенибго рес букIана Дагъистаналъул кверзул махщалил тIагIелал росизеги. Гьеб тадбир нухда бачана «Цолъи» газеталъул бетIерай редактор ПатIимат ГьитIиновалъ. Гьелъ цере ахIарал машгьурал журналистаз, республикаялъул ва районазул газетазул редактораз бицунеб букIана жиде-жидер басмабазда бугеб цебетIеялъул, масъалабазул. Цоялдаса цо рекIелъе рортарал кучIдул цIалана гьенир цере рахъарал магIарул шагIирзабаз.

ЦIакъ битIараллъун рукIана ТубхIат Зургьаловалъ абурал рагIабиги «ТIадчагIаз хIал гьабун гуро миллат цолъулеб, нилъедаго гьелъул кIвар бичIчIун цолъизе ккола. Гьаб кIиябго къоялъ гурелги даимго цолъун рукIине къваригIун буго нилъее..»

Районазул маданияталъул хIалтIухъабазул церерахъиназ берцинлъизабуна МагIарул Миллиябгун Маданияб Автономиялъ лъагIалил хIасилал гьарулеб, театралъул залалда жаниб тIобитIараб тадбир. Нилъер районалъул культураялъул цолъараб коллективалъ гвангъараб церерахъин бихьизабуна сценаялда. Балагьаразе рохел кьураб «Гьидерил бертин» церерахъиналъ жанибе бачун букIана миллияб ратIлил формаги, чIагояб кечI-бакъанги, гIицIго нилъер районалъе хасиятал кьурдабиги.

Араб соналъул хIасилалги гьарун, магIарул мацI цIуниялъулъ лъолеб бутIаялъухъ, гIелмияб, журналистикияб, жамгIияб, маданияталъул ва цогидаб хIалтIулъ цебетIей бихьизабуралщиназе баркалаялъул кагъталгун шапакъатал кьуна МагIарул Автономиялъ. Гьел сайгъатазе мустахIикълъана «Цолъи» газеталъул корреспондент Давуд Давудов ва бетIерай редактор ПатIимат ГьитIинова.

Аваразул Миллиябгун Маданияб Автономиялъ кьолеб бищунго къиматаб «Миллаталъул чIухIи» шапакъат лъабго магIаруласе щвана исана. «Миллаталъул чIухIи» шапакъат кьола халкъалда рагIараб, миллаталъе пайдаяб кIудиял ишал гьарулел гIадамазе. Исана гьеб кьуна ОАО «Концерн КЭМЗ»алъул генералияв директор Ибрагьим АхIматIовасе, «Миллат» газета гIуцIарав машгьурав журналист МухIамад БисавгIалиевасе, Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаевасе.

Гьадинал гвангъарал цIараздалъун бечедаб миллат гъунки букIана тадбиралъул мурад! Тарихги, мацIги, маданиятгун миллатги кIодо гьабулел данделъабаз нур кьола тIолго магIаруллъиялъего.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

3