Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

17.02.2017 09:54 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

«Парус» программа- гъалатIал ва тIалабал

Автор: МухIамад ГIУМАРАСХIАБОВ
Ответственный секретарь МБУ "Информационный центр" Шамильского района

I5 февралалда райадминистрациялда тIобитIана тIолалго районалъул росабазул  бегавулзаби ва гьезул заместителал ракIарараб данделъи.

Иргадулаб гуреб гьеб данделъи тIобитIиялъе аслияб гIиллалъунги ккана нилъехъе гьоболлъухъ ДРялъул транспорталъул,энергетикаялъул ва связалъул министрасул заместитель Юсуп МаламухIамадов ва ООО «Дагестан-Парус» гIуцIиялъул генералияв директор Муса Раджабадзиев рачIин.

«Парус» программа- гъалатIал ва тIалабал

I5 февралалда райадминистрациялда тIобитIана тIолалго районалъул росабазул  бегавулзаби ва гьезул заместителал ракIарараб данделъи.

Иргадулаб гуреб гьеб данделъи тIобитIиялъе аслияб гIиллалъунги ккана нилъехъе гьоболлъухъ ДРялъул транспорталъул,энергетикаялъул ва связалъул министрасул заместитель Юсуп МаламухIамадов ва ООО «Дагестан-Парус» гIуцIиялъул генералияв директор Муса Раджабадзиев рачIин.

Данделъиялъул мурадги бицун  гьеб нухда бачана районалъул бетIер МухIамад ХIасановас.

Районалъул росабазул администрациябазда «Парус» программа хIалтIизабиялъул хIасилазул бицунаго, районалъул бетIерас абуна районалъул цониги администрациялда гьеб букIине кколеб къагIидаялъ хIалтIизабулеб гьечIилан, жиндир заманалда райадминистрациялде гьеб программаялда хурхун хIисаб кьолеб гьечIиланги. Данделъиялъул байбихьудаго районалъул бетIерас гьеб хIалтIи рагIалде бахъинабун бажаруларел росабазул администрациязда гIиллаги цIехон гьездаса жавабги тIалаб гьабуна.

  ДРялъул транспорталъул,энергетикаялъул ва связалъул министрасул заместитель Ю. МаламухIамадовас жиндирго кIалъаялда данделъаразул кIвар буссинабуна тIолабго пачалихъалда кинабго хIалтIи электрониябгун цифраялъулаб къагIидаялде бачине букIиналде. Бицана «Парус» программаялда гьаризе ругел хиса-басиязул ва жаваб кьуна жиндирго кIалъаялда тIасан данделъаразул рижарал суалазе.

 ООО «Дагестан-Парус» гIуцIиялъул генералияв директор Муса Раджабадзиевас мисалаздалъун бицана, цебесеб къагIидаялъ справка хъвазе къогоги жеги цIикIкIунги минут унеб букIараб батани,   «Парус» программаялдасан справка цо-кIиго минуталде кьун бажарулеб букIиналъул. МухIканго баян кьуна рехсараб программаялъул кIвар буссинабизе ккарал рахъазул. Бицана «Парус» программа хIалтIизабулаго гIемерисез  риччалел гъалатIазул ва гьел гъалатIал лъугIизариялъе хIалае рачIине жидер специалистал кидаго хIадур ругилан. Хадувго кIалъарав райадминистрациялъул бетIерасул заместитель МахIач МахIачевас абуна районалда 2009 соналдаса нахъего рехсараб программа хIалтIизабизе байбихьун бугониги, гьеб хIалтIи рагIалде бахъинабизе бегавулзабада кинго бажаричIилан. ХIалтIизе гьабуразги бащадабги баян жанибе босичIого батулеб бугилан.

Бегавулзабаздаса бугеб жиндирго разилъи гьечIолъи загьир гьабуна, данделъиялда гIахьаллъарав,  районалъул прокурор ИсмагIил ИсмагIиловасги.  Араб соналъго щибаб муниципалияб гIуцIиялъул уставазда гьаризе кколел рукIарал хиса-басиял,  кигIан берцинго чанцIулго абуниги тIуразарун гьечIин бицана гьес. Гьелъие гIиллаги тIалаб гьабуна прокурорас бегавулзабаздаса. Гьенибго гьес бицана республикаялъул прокуратураялдаса гьел хиса-баси гьабичIел тамихIалде цIаян бачIараб хасаб кагъат букIиналъулги.

 

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

9