Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

02.03.2017 16:01 Четверг
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Зигара. ГъазимухIамадов МухIамад ГъазимухIамадович

Гьал къоязда Аллагьасул къадаралде щвана Ругъелда росулъа жамагIатчи, захIматалъул ветеран, Дагъистаналдаго машгьурав зурмихъан МухIамад ГъазимухIамадов.

Гьал къоязда Аллагьасул къадаралде щвана Ругъелда росулъа жамагIатчи, захIматалъул ветеран, Дагъистаналдаго машгьурав зурмихъан МухIамад ГъазимухIамадов.

М. ГъазимухIамадов гьавуна 1936 с. Ругъелда росулъ. Росдал 8 сонилаб школаги  лъугIизабун 9-10 классазда цIалана КъахIиб,ГIурада школазда.

1957-1960 соназ армиялда хъулухъги гьабун тIад вуссана младший лейтенантасул званиегун.  Армиялдаса хадув Сомода байбихьул классазул мугIалимлъун хIалтIулаго 1961-1965 соназ заочно цIалун лъугIизабуна  Буйнакскиялъул авар.педучилище.

I965с. тIамуна ГIурчухъ нач.школалъул заведующилъун. 1966-1969 соназ хIалтIана колхозалъул председательлъун.  1970-1998 соназ хIалтIана Ругъелда школалда физкультураялъул, трудалъул, авар мацIалъул учительлъун . Гьебго заманалда гьабуна I75 лъимер жанир чIолел интернаталъе нухмалъиги. Школалда хIалтIулаго гьесда тIад къана цадахъго колхозалъул зав.производством хъулухъ бачинеги. 1998 соналъ  гIумруялъул 62 сониде вахарав МухIамадида районалъул нухмалъулез тIадкъана Ругъелда колхозалъе нухмалъи гьабизе. ЗахIматал сонал ругониги гIемераб, нахъе хутIулеб хIалтIи гьабуна ГъазимухIамадовас росдал гIаммаб магIишаталъе. 6-7 сон барав чи гьев хьвадулаан, 25 соналъ колхозалъул гIиязе вехьлъи гьабурав, инсуе кумекалъе. Гьенив, чIахIиял гIухьбуздаса ругьунлъана МухIамад махщалида зурмида умумузул бакънал рачинеги. МагIаруллъиялдаго тIоритIулел рикIкIен гIемерал бертаби нухда рачана гьес, гIахьаллъана Дагъистаналъул маданияталъул чIахIиял тадбиразда. Гьесул гьунаралъул загьираб лъалкI хутIана районалъул ва республикаялъул фольклоралъул гъансиниб.

М. ГъазимухIамадовас гIумруялъул ахиралде щвезегIан гIахьаллъи гьабуна росулъ иццал, нухал, кьоял, мажгит раялъулъ. Гьес лъикIаб тарбия кьун гIезабуна анкьго лъимер. Хадур гIолел наслабазе, росу-жамагIаталъе мисаллъун хутIила М.ГъазимухIамадовасул гIумруялъул нух. Аллагьас иманалда тIовитIун ватаги гьев.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

6