Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

02.03.2017 15:54 Четверг
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Авар мацIалъул къо- миллат гъункулеб тадбир

Автор: Патимат Гитинова
Главный редактор МБУ "Информационный центр" Шамильского района

Исана анлъго сон буго Дагъистаналда авар мацIалъул къо кIодо гьабулаго. Гьеб тIобитIула 21 февралалъ бугеб халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIалъул къоялда данде ккезабун. 

Авар мацIалъул къо- миллат гъункулеб тадбир

Исана анлъго сон буго Дагъистаналда авар мацIалъул къо кIодо гьабулаго. Гьеб тIобитIула 21 февралалъ бугеб халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIалъул къоялда данде ккезабун. МагIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъ Авартеатралъул минаялъуб гьабулеб тIолалго магIарул районаздаса, шагьараздаса вакилзаби данделъараб авармацIалъул гьеб кIудияб тадбиралда санайилго гIахьаллъула нилъер районалъул газеталъул хIалтIухъаби, культураялъул ва искусствоялъул гьунарчагIи, авар мацIалъул мугIалимзаби, цIалдохъаби.  Авар мацIалда Дагъистаналда  рахъунелщинал газет-журналазул, тIахьазул гурелги гьениб тIибитIун букIуна магIарулазул кверзул махщалил тIагIелал ричулелги выставкаби. Гьенир данделъула  нилъер миллаталъул тIолабго культурияб интеллигенция, машгьурал гIадамал, рухIияб ирс цIунулел хIаракатчагIи.  ГIицIго выставкабиги умумузул кьурдаби, кечI-бакънал рихьизарун гурелги, тадбиралда гIахьаллъулел магIарул районазул вакилзабаз гьенибе бачIуна умумузул кванил нигIматал, жалгоги рачIуна жиде-жидер ракьалъе хасиятаб ратIлил формагун.

Исана фестивалалда лъикIаб программа бихьизабуна Дагъистаналъул авар мацIалъул мугIалимзабазул ассоциациялъ. Авар мацIалда кучIдул цIалулел, ахIулел, театралиял сценкаби рихьизарулеб гьеб церерахъиналда гIахьаллъана республикаялъул лъеберго гIанасеб школалдаса бищунго гьунар бугел цIалдохъаби. Нилъер районалъул рахъалдаса лъикIаб хIадурлъигун гьенир цере рахъана, январалъул ахиралда  районалда букIараб авар мацIалъ цIалдолезул къецазда тIоцебесеб  ва кIиабилел бакIал росарал цIалдохъаби ва гьезул мугIалимзаби. (ТIидиб школа-цIалд. А. СултIангIалиева,  мугI.Хадижат МухIамадова;  ГьентIа  школа-цIалд. М. ГитIиномухIамадова, мугI. Кусум АхIмадова).  Авар мацIалъул мугIалимзабазул ассоциациялъул рахъалдаса гьезие кьуна сайигъатал ва  хIурматалъул шапакъатал. ТIубараб лъагIалицаго МагIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъ хал ккола жидерго гьунар-бажариялдалъун  миллаталъул рухIияб ирс, мацI цIуниялъулъ  бищунго загьираб лъалкI толел, жамгIияб хIалтIулъ чIаголъи гьабулел  гIадамазда хадуб.  ЛъагIалил хIасилал гьарулаго бищунго загьираб хIалтIи гьабуразе, жигарчилъи бихьизабуразе батIи-батIиял номинациязда шапакъаталги кьола. Исана Дагъистаналъул МагIарул автономиялъ шапакъаталгун сайгъатал кьезе мустахIикъаллъун рихьизарурал магIарулазул сияхIалде ккана   анлъго нилъер  районцоялги  : «Авар мацI цIуниялъе лъайкьеялъул бутIаялда гьабулеб хIалтIухъ»- ХIажиев Ибрагьим Ибрагьимович , «МагIарулал гъункизариялъе гIаммал тадбиразда  гьабулеб жамгIияб хIаракатчилъиялъухъ»- МухIамадов Ибрагьим Гинчуевич, «Умумузул бакънал рачиялъе бугеб гьунаралъухъ»-МачIадаса зурмихъан, анкьгьунар МухIамадов МухIамад. Хадубккунги миллаталъе пайдаял ишазе къуватги гьарун, нижеца баркулеб буго гьезда шапакъат.

ТIубараб къоялъ халат бахъараб авар мацIалъул къо лъугIана гьеб сордоялъ белтал ричичIого магIарулазе сайгъатлъун Авартеатралъ бихьизабураб «Муи ва МахIмуд» пьесаялдалъун.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

11