Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

17.03.2017 09:09 Пятница
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ЖамагIаталъул газа___________ Росабалъ рацIцIана хобалал, къватIал..

Автор: МухIамад ГIУМАРАСХIАБОВ
Ответственный секретарь МБУ "Информационный центр" Шамильского района

 Т1олабго республикаялдаго г1адин 11 марталъ субботник тIобитIана нилъер районалъул росабалъги. 

ЖамагIаталъул газа___________

 

Росабалъ рацIцIана хобалал, къватIал..

  Т1олабго республикаялдаго г1адин 11 марталъ субботник тIобитIана нилъер районалъул росабалъги. Гьеб рахъалъул жавабиявлъун вихьизавурав районалъул бетIерасул заместитель К.МухIамадовасухъа щварал,  нижехъего щварал баяназда рекъон, субботникалда лъикIаб гIахьаллъи гьабуна ТIидиб росдал жамагIаталъ. 300 ялдасаги цIикIкIун чи гIахьаллъараб субботникалда гьез рацIцIад гьаруна росдал хобалал, къватIибе баччана 10 КАМаз автомашина рищни-къулалъул. ЛъикIаб ч1аголъиялда ана субботник КъахIиб росулъги. 200 чи г1ахьаллъараб гьеб г1аммаб х1алт1ул х1асилалда росулъа къватIибе баччана к1иго КАМаз ц1ураб рищни-къул.

  ЖамагIатго г1ахьаллъараб, т1олазего пайдаяб  х1алт1и тIобитIана Могьохъ росулъги. Гьеб къоялъ жамаг1атго бахъун рищни-къулалдаса рацIцIад гьаруна росдал къватIал, нухлул рагIаллъаби. Росу тун къватIибе баччана 7 кубометр рищни- къулалъул, гач бахун хъахI  гьабуна КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазе бараб памятник. Гьелго,10-11 марталъул къояз  Могьохъ росдал гIолилаз бегавул МухIамад ГIумаровасул ва росдал гIолилазул куратор Муслим ГIумарасхIабовасул нухмалъиялда гъоркь сетка ккун сверун къана росдал бекьулеб 6 гектар мегъалъул.

  Лъахъ росулъги бук1ана гьеб къоялъ росдал х1алт1и гьабулеб лъик1аб ч1аголъи. Росдал къват1ал, боц1ул рехьед хьвадулел нухал, бачал кваналел муч1дул рац1ц1ун, къач1ан раг1алде бахъинабуна росдал жамаг1аталъ. Лъахъ росулъа къват1ибе гьеб къоялъ ана лъабго ЗИЛ машина ц1ураб рищни-къул.

  Гьазул мисалалда районалъул цогидал росабазул жамаг1атазги жидерго жаниблъи, сверухълъи бац1ц1инин х1аракат бахъиналда божула. Божут1а рек1к1 бугищали халгьабизе, лъик1аб-квешаб т1атинабизе нижги раккила.


Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

4