Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

09.02.2017 13:50 Четверг
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Зигараялъул рагIаби : ГIисалмухIамадов МухIамад МухIамадович

Автор: МухIамад ГIУМАРАСХIАБОВ
Ответственный секретарь МБУ "Информационный центр" Шамильского района

Мух1амад Г1исалмух1амадов

Гьал къоязда 89 соналъул гIумруялда нилъедаса ватIалъана машгьурав жамг1ияв х1аракатчи

 ЗахIматалъул ветеран, Гьолокь росулъа МухIамад ГIисалмухIамадов

Зигараялъул рагIаби_________________________________

ГIисалмухIамадов МухIамад МухIамадович

Гьал къоязда 89 соналъул гIумруялда нилъедаса ватIалъана машгьурав жамгIияв хIаракатчи

 ЗахIматалъул ветеран, Гьолокь росулъа МухIамад ГIисалмухIамадов

МухIамад ГIисалмухIамадов   гьавуна 1927 соналда  Гьолокь росулъ. 14 сон барабго байбихьана гьесул захIматалъул нух. КIудияб ВатIанияб рагъул байбихьуда жиндиего бокьун ана  Карабудахкент-Манас рагъулал щулалъабазда хIалтIизе. Гьелъухъ « За оборону Кавказа» абураб медалалъеги мустахIикълъана жеги балугълъичIев МухIамад. 1943 соналда хIалтIана Гьолокь школалда учительлъун.

 23 сон барав чи вукIана МухIамад 1951 соналда  Ругъелда гьоркьохъеб школалда директорлъун тIамураб мехалъ. Хабувго вищун вукIана районалъул комсомолалъул тIоцевесев секретарьлъунги. Сталинградалъул тIадегIанаб партшкола лъугIарав МухIамадица нухмалъи гьабуна  районалъул лъай кьеялъул отделалъе, хIалтIана райисполкомалъул председателасул заместительлъун, райотделалъул милициялъул начальниклъун, райкомпартиялъул кIиабилев секретарьлъун. 1970 соналда живго гIарзаги кьун нахъе ана райкомпартиялъул кIиабилев секретарасул хъулухъалдаса. Гьебго соналъ тIаде босана районалъул нухазул отделалъул нухмалъи ва къокъабго заманалда Дагъавтодоралъул 40 организациязда гьоркьоб цебесеб кьерде бачана жинцаго нухмалъулеб идара. Чанго соналъ МухIамадица нухмалъи гьабуна  «Гьолокь» совхозалъе. Киве кканиги  хадусел наслабазе мисалияб лъалкI нахъе тана гьес. Мух1амад мустахIикълъана «ХIурматалъул гIаламат», «Гьудуллъиялъул орден" ва цогидалги гIемерал т1адег1анал шапакъатазе, «Россиялъул мустахIикъав нухал гьарулев чи», «Россиялъул росдал магIишаталъул мустахIикъав хIалтIухъан», «ДРялъул мустахIикъав экономист» абурал хIурматиял цIаразе. М.ГIисалмухIамадов  вищун вукIана Дагъистаналъул халкъияб Собраниялъул депутатлъун (1990-1995с.с.) райСоветалъул гIемерал ахIиязул депутатлъун. Гьев вукIана республикаялъул херазул Советалъул членлъун ва районалъул херазул Советалъул председательлъун.

МустахIикъаб хIалхьиялда вугониги районалъул жамгIияб хIалтIи гьабулезул цебесеб кьерда вукIана гьев.

КIудияб жавабчилъиялда тIадкъарал хъулухъал ракIбацIцIадго тIурарав МухIамад ГIисалмухIамадовасул гIага-божаразда, хъизан-лъималазда ва тIолабго гьакьадерил жамагIаталда гъваридаб пашманлъиялъулаб зигара балеб буго гьев Ахираталъул рокъове иналда бан. Аллагьас алжан насиб гьабеги гьесие.

                                          ХIасанов М.И., МахIачев М.М., Рамазанов ГI.,

МухIамадов К., Хизроев М.-А., МухIамадов И.,

                                                        ХIажиев ГI-В.ГьитIинова П.,МухIамадов И.М.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

11