Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

09.02.2017 13:30 Четверг
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

«Шамил районалъул гIолилал терроралда рекъоларо».

Автор: МухIамад ГIУМАРАСХIАБОВ
Ответственный секретарь МБУ "Информационный центр" Шамильского района
Источник: Заместитель Главы МР "Шамильский район" Абдуразак Рамазанов

Волейболалъул турниралъул г1ахьалчаг1и

Гьадинаб ахIиялда гъоркь МахIачхъалаялда тIобитIана террористазул квердасан къурбанлъарал ракьцоял ракIалдещвеялъе г1уцIараб волейбол хIаялъул турнир.

«Шамил районалъул гIолилал терроралда рекъоларо».

 

Гьадинаб ахIиялда гъоркь МахIачхъалаялда тIобитIана террористазул квердасан къурбанлъарал ракьцоял ракIалдещвеялъе г1уцIараб волейбол хIаялъул турнир.

 4-5 февралалда Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб университеталъул (ДГПУ) спортивияб кIалгIаялда тIобитIараб гьеб  турнир гIуцIун букIана «Шамиль районалъул гIолилал» ва «ТIекьадерил гIолилал»  жамгIиял гIуцIабазул, районалъул ва ТIелекь росдал администрациялъул хIаракаталдалъун, районалъул антитерроралъул комиссиялъул гIахьаллъигун.

 Турнир рагьиялда гIахьаллъана  районалъул бетIер МухIамад.ХIасанов, Дагъистаналъул АТКялъул мугIрузул районазда вугев вакил Сайпудин Сайпов, районалъул бетIерасул заместитель ГIабдуразакъ Рамазанов, ТIелекь росдал бегавул ГIалиасхIаб Юсупов, ДГПУялъул ректор МухIамад ГIабдулаев,  ТIидиса гIалимчи МухIамад ГIабдурахIманов, Унсоколо районалъул имам ГъазимухIамад Абакаров, «Шамиль районалъул гIолилал» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Суракъат Вагьабилов, «ТIекьадерил гIолилал» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев МухIамад Мирзоев ва ТIелекь росдал имам МухIамад АбдулмутIалибов.

Турнир гIуцIун букIана тIадегIанаб даражаялда.

Турниралда гIахьаллъана районалъул росабалъа 18 гIолилазул ва 6 ветераназул команда.

КIиго къоялъ халатбахъарал къецазда  тIоцебесеб бакI босана Гьолокь росдал командаялъ, кIиабилеб бакI щвана Хучада росдал командаялъе, лъабабилеб бакIалде бачIана Гьоор росдал команда. Бергьенлъи босаразе кьуна гIарцулал ва къиматал сайигъатал.

Турниралъул ахиралдаги районалъул бетIер МухIамад ХIасановас баркала загьир гьабуна киналго гIахьалчагIазе ва турнир гIуцIаразе. Гьединго районалъул бетIерас баркалаялъул рагIаби абуна турнир тIобитIиялъе спортивияб зал кьурав ДГПУялъул ректор  МухIамад ГIабдулаевасе.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

14