Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

17.02.2017 10:01 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Щибаб къойилал масъалаби, суалал

Автор: МухIамад ГIУМАРАСХIАБОВ
Ответственный секретарь МБУ "Информационный центр" Шамильского района

Араб талат къоялъ  райадминистрациялда букIана районалъул батIи-батIиял отделазул нухмалъулел  ракIарараб иргадулаб данделъи. Халгьабизе хIисабалде росарал суалалги рехсон данделъи рагьана ва хадубккун нухда бачана районалъул бетIер МухIамад ХIасановас. Гьел суалалги рукIана халкъалъул щибабкъоялъулаб гIумруялда хурхарал, гIунгутIаби рорхулел.

Щибаб къойилал масъалаби, суалал

                                

Араб талат къоялъ  райадминистрациялда букIана районалъул батIи-батIиял отделазул нухмалъулел  ракIарараб иргадулаб данделъи. Халгьабизе хIисабалде росарал суалалги рехсон данделъи рагьана ва хадубккун нухда бачана районалъул бетIер МухIамад ХIасановас. Гьел суалалги рукIана халкъалъул щибабкъоялъулаб гIумруялда хурхарал, гIунгутIаби рорхулел.

 

 Сахлъи цIуниялъул бутIаялда тIуразесел маъалаби рорхулаго бицана  райбольницаялда хIажаталъул хIужжа чIезабизе, нугIлъи  гьабизе  бегьулеб лицензия бугев нарколог гьечIолъиялъул. Гьединаб ихтияр бугев тохтур гьечIолъиялъ, гьекъон-мехтун автомашина бачунезе тамихI гьабизе, нухазда хIинкъи гьечIолъи букIинабиялъе полициялъул хIалтIуе квал-квалал кколел рукIин баян гьабуна районалъул бетIерас. ЦРБялъул бетIерав тохтур МухIамад ТIалхIатовас рагIи кьуна гьаб гIагараб заманалда гьеб масъала тIубазабизе.

Районалъул бетIерас кIваркьун борхана гьениб токалъул масъалаби рагьулеб суалги. Гьелъул баян кьуна подстанциялъул нухмалъулев Ибрагьим Ибрагьимовас. Гьес бицана техникиял гIиллабаздалъун  районалъул росабалъе ток кIи-кIи сагIаталъ къазе ккеялъул. Гьелго гIиллабаздалъун цо-цо росабалъе токалъул къуват гIезабизе кIолареб гьечIолъиялъулги бицана Ибрагьимовас. Токалъул мухъазда гьарулел ремонталъул хIалтIаби халкъалъе, идарабазул хIалтIуе  зарал кколареб хIалалъ, гIодоркъояз тIуразаризе ккелин абуна гьесда МухIамад ХIасановас.

КъватIибе кьураб токалда, ай жидецаго пайда босараб къадаралда рекъон гIадамаз токалъухъ гIарац кьолеб гьечIин абуна районалъул энергосбыталъул нухмалъулев ХIажимухIамад ХIасановас.  Гьес бицана халкъалъе къватIибе кьолеб   12 миллион килловатталъул тIадбуссун 3 миллионцин килловатталъухъ гIарац щолеб гьечIин. ГьедигIанго хъантIун халкъалъ ток бикъи бегьулеб жо гурин, гьелда хадуб халкквей цIикIкIинабизе ккелин абуна районалъул бетIерас.

Налогазул идараялъул нухмалъулесул заместитель М.  Хатиевас бицана цо-цо администрациязул ва идарабазул бухгалтерзабаз жидеца кьолел налогал щиб счеталде рехулел ругелали ва щолелъуре щун ругищали мухIканлъи гьабунгутIиялъ, миллионалдаса цIикIкIун гIарац районалъул бюджеталде щун гьечIолъиялъул.

Районалъул санитарияб рахъалъул суал борхулаго бицана райцентралда ва росабалъ рацIцIа-ракъалъиялъул рахъалъ бугеб масъалаялъул. Районалъул бетIерас абуна цогидал росабазда данде ккун райцентралда гьеб рахъ хашго бугилан. Гьаб гIагараб заманалъ гьеб суал роцIцIинабиялде кIваркьезе бугин администрациялъин абуна М. ХIасановас.  Экологиялъул отделалъул нухмалъулев ХIайдар ГIумаровасда гьес тIадкъана чороклъи гьабулезда аскIоб, гьезда берцинго бицун бичIчIулеб батичIони,  законалда рекъараб тамихIалъул тадбирал гьареянги.

Жидерго хIалтIул хIисаб кьолаго, ветуправлениялъул хIалтIухъан ЯхIя Шапиевас бицана жакъа къоялде боцIул рахунел унтаби тIатинариялъул мурадалда 4 азаргоялде гIагарун хIайваналдаса би бахъун бугилан. Бицана дару-дарман босиялъе биччалеб гIарац ц1акъго дагьаб букIиналъул ва цогидалги хIалтIулъ дандчIвалел квал-квалазулги.

ХIукуматалъухъа коммуналияб гIарац щвеялъул баян кьуна УСЗНалъул нухмалъулев Ильяс ХIамзатовас. Гьес бицана коммуналияб гIарцул бугеб  налъиялъухъ кьезе 8 миллион гIарац бачIун бугилан ва лъабго моцIалъе бикьун гьеб гIарац гIагараб заманалда халкъалъухъе щвезе бугилан.

Районалъул бетIерасул заместитель МахIач МахIачевасул кIалъай букIана ракьазул ва минабазул зеленкаби гьаризе ккеялда хурхараб . Гьелъул бицараб мухIканаб материал нижеца цересел номеразда кьунги букIана.

васул кIалъай букIана ракьазул ва минабазул зеленкаби гьаризе ккеялда хурхараб . Гьелъул бицараб мухIканаб материал нижеца цересел номеразда кьунги букIана. 

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

2