Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

13.02.2017 10:26 Понедельник
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

«Лъим гьекъараб иццухъ хъублъи гьабуге!»

Автор: Патимат Гитинова
Главный редактор МБУ "Информационный центр" Шамильского района

«Иццулги рекIелги бацIцIалъи цIуне» гьадин абулаан нилъер умумуз. Цойги абулаан «Лъим гьекъараб иццухъ хъублъи гьабуге»-янги. 

«Лъим гьекъараб иццухъ хъублъи гьабуге!»

Редакторалъул бокIон

 

«Иццулги рекIелги бацIцIалъи цIуне» гьадин абулаан нилъер умумуз. Цойги абулаан «Лъим гьекъараб иццухъ хъублъи гьабуге»-янги. ЧIалдаса эхере унаго кваранихъе, эхеде рачIунаго квегIихъе хIорида тIад къараб рищни-къулалъул гъатал рихьичIев чи ватиларо. РакI гъанцIулеб сурат буго. Гьелеха нилъер рукIа-рахъин рагьулеб гьумер! Щивас жиндирго азбаралъул кIалтIа, авалалда, иццазухъ, лъаразухъ, гIурул мухъ ккун гьабураб хъублъи буго гьеб  чороклъи, чваххунцIцIадаз босун хIорихъе щвараб. Риидалил гьайбатаб къоялъ нилъер районалъул цо росулъе щун рукIана гьоболлъухъ. Рагъдаса руссинчIел ракIалдещвеялъе росу рагIалда цIигьабураб памятник бихьизе лъалхъана. РакI багъарулеб махI бугоан сверухъго. ГьадигIан тIабигIат берцинаб борхалъуда бугеб капураб махI щибан халгьабидал, памятникалдаса лъабго галул манзилалъ гъоркьехъун батана росуго сурукъ гьабулеб сурат-рощнол гохIазул гIор щвараб хIисаб. Хасго тохлъи, чороклъи халлъула райцентралда. ВачIунев гьоболги, рещтIунев хIакимги гIемераб, тIолабго районалъул гьумерлъун бугелъул гьеб. КIиго соналъ цере батIи-батIиял районаздаса нижер махщелцоял щун рукIана нилъехъе гьоболлъухъ. Борхалъуда, гIатIилъуда бугебщинаб берцинлъиги бихьун, нилъер ракьалде «МашаАллагь»-инги абулаго щвана ХIебда росу лъугIулеб, гьаадерил басрияб кьодул авалалде. ГIор бихьулеб рагIаллъуда сурат бахъизе эхетидал, шагьранухдаса гIурухъе щвезегIан бугеб муссоралъул «лъар» рехана цебе. «Валлагь, гьабни бегьичIо»-янги абун нахъе-нахъе къана гьел. ХIебда бакI лъугIизегIан тIокIалъ машина лъалхъинабугеян шурана водителасдехун.

ГIемерал кучIдузулъ шагIирзабаз рехсараб, Аллагьас нилъее рахIматлъун кьураб АваргIурул рагIалде рахъиндал, иман бугев чиясул ракI гIодила! БизнесчагIаца тIолабго жидер хутIел, кинабго рищни-къул хьвагIула гIурул мухъде «ГIор щвараб мехалъ босун уна»-янги абун. Жидерго богорокъобе лъим  бигьаго чваххизабизе бокьаразул шлангал руго гьез жидецаго чIехьараб чороклъиялъулъ рахчун! Щибаб росдал сверухълъиялда бугеб кIкIал-хъитI (лъим чваххулел, чIорогоял батIалъи гьечIого) сверун руго чороклъиялъул полигоназде. Гьеб гурищ нилъер нафсалъул  хъублъи, ургъел  гьечIолъи, иманалъул загIиплъи рагьулеб хIужжа?!

«РацIцIалъи алжаналъуса бачIараб буго»-ян абураб ва чанги лъикIаб хIадис буго жиндихъе Къуръан рещтIарав нилъер аварагас (с.гI.в.), гьесул нух босарал имамзабаз нахъе тарал. Бусурбаби, щай нилъ гьадигIан лъавукъаллъун, чохьолги чорхолги гурони кIвар гьабулареллъун  лъугьарал?

 ХIурматиял диниял церехъаби, нужер вагIза-насихIат сабаблъун буго халкъалъе. Бокьилаан, нилъеда сверухъ рацIцIалъи букIинабиялде, гIорал, лъарал, иццал, къватIал хъублъиялдаса цIуниялде ахIулеб малъи нужедасаги цIикIкIун рагIизе.  Щибаб рузман къоялъ, щванщинаб зияраталда, какда хадуб нилъерго нафс бацIцIалъегиян дугIа гьабизе лъикIабин абулаан цIикIкIарал чагIаз. Гьеб дугIаялъул  магIналъун букIина нилъер щивас аскIов вугесе зарал кколареб лъикIаб иш гьаби. Биччанте гьеб букIине нухдаса гамачI нахъе гиризабурабгIан, сверухълъи чорок гьабулел рекIеда ратизарурабгIан гьитIинаб, амма кIудияб кIваралъул  иш.

Кверда рекIун чороклъи хутIуларо, гьеб чуризе лъим кьун буго БетIергьанас. Нилъерго авал, росу, район, ицц, лъарал ва гIурул мухъ бацIцIадго бихьизе бокьуларев чи вукIинин кколаро.

Исанасеб сон нижер редакциялъ лъазабулеб буго «РацIцIалъиялъул сонлъун». Нужеца гьабураб лъикIабщинабги бихьизабила, тохабги квер хьвагIун теларо.

КидаллъизегIан Аллагьасеги къабулаб гуреб нилъеегоги заралияб гIамалалда рукIинел?

 

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

9