Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

25.02.2020 18:53 Вторник
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Рагъул соназул кьогIлъи лъарал

Ункъго сон барав вас вукIана дун тIубараб нижер росуго Чачаналде гочине ккараб мехалъ. Дидаса 2 соналъ кIудияв Булатханил букIана 6 сон. Гьеб букIана 1944 сон. Мугъалда лъун дун, квер ккун Булатхангун эбел къватIие яхъинаюн йиго, кинабго магIишатги тун. МагIишатги, мина-къайги, гьор-бокь, буголъи бер бахилаб букIун буго, эмен гъоб заманаялъ харж бугеб хIалтIуда вукIиналъ. Гьев вукIун вуго росулъ бугеб 4 класс бугеб школалъул заведующий. Хучада гIурус мацI лъалев тIокIав гьев гурони чиги вукIун гьечIо. Инсуе гъоб заманаялъ премиялъе бачIараб патефон гьабсагIатги нижехъ буго.

Росулъа гьидерил кьоде щвезегIан кIиго магIишаталда гьоркьоб цо хIама букIун буго. Гьидерил кьодаса эхебе ХIотодаса чиясул хIамида къайи-цIаги лъун, чанго сордо-къоги нухда бан щолаан Буйнакскиялде. Гьениб нижер къандалъоялъуб букIараб квен-тIехги нахъе босун, чIартазулъ жемун ганчIал лъун ратулаан ниж тохлъаралго. Гьениса поездалда щолаан Хасавюрталде, гьенисаги Чачаназул Зандакъ росулъе. Гьенир ракъиялъги, бакъул унтиялъги холел гIемерал гIадамал, хабалъ лъезе чи гьечIого, гIанхварабаз гIундул, гьурмал кванан ратулаанилан бицунаан эбелалъ.

КIудияб талихI ккун буго нижер эбелалъе школалда уборщицалъун хIалтIизе щвей. КигIанго захIмат букIаниги, гьелъ кинабго хIехьана, инчIо росасеги, жийго кваначIого йикIунги ниж кваназаруна, цIализаруна, гIадамалъе рахъинаруна. Булатханица лъугIизабуна Хасавюрталда педучилище, хадуб Ростовалда тIадегIанаб партшкола. Дун цIалана Буйнакскиялъул медучилищеялда, заочно цIалун лъугIизабуна сельхозинститут. Исана 60 сон тIубала дир росулъ фельдшерлъун хIалтIулев вугелдаса. Гьеб кинабго нижее щвана эбелалъул баракаталъ. Кидаго цебеса унаро гьитIинал нижехъги балагьун, гьелъ тIолеб букIараб магIу. Эмен хвезе рес гьечIо, вачIине вугилан абулаан гьелъ. Гьединаб хьулги букIана гьелъул гIемераб мехалъ. Халатаб заманаялъ унтун гьей къадаралде щвана 85 сонил ригьалда. Бищун ниж рохулеб, чIухIулеб жо буго бецлъарай, гIакъуба-захIматалъ кIвекIарай эбелалъе хъулухъ гьабизе щвей.

1957 соналъ, битIун магIишатги данде билъун бачIунаго, нахъеги ниж тIад руссине ккана чIудбузухъе. ЦIидаса гьабизе ккана рукъ-бакIги, гьорал-бокьалги, цойгидаб магIишатги. Гьебгощинаб захIмат-гIакъуба нижер хъизамалда бихьана инсул вац ХIалда сабаблъун. ХIалда армиялде ине бокьичIого вахчарун вугеб мехалъ, инсуда лъазабун буго гьев валагьеян. Гьев вахчарав кIудияв вац, валагьун гьезухъе кьезе бокьичIого, яхIалъ, живго ун вуго гьесул бакIалда фронталде. Инсул брон букIун буго, гьев армиялде витIулароан.

Нижеда бихьичIо инсул гьумер. КIудияв Булатханица абулаан дагьабго куц цебе чIолилан. Кин бугониги нижер мурад букIана инсул хIакъикъат балагьизе. ГIемераб цIех-рехалдалъун нижеда лъана эмен вукъараб бакI. Гьанжеялдаса 5 соналъ цебе кIудияв вас МухIамадгун нижеца сапар бухьана инсул хабаде. Гьеб бугоан Брянский областалъул Севский шагьаралда аскIоб. Вацлъиялъул хобал ратана цIакъ берцинго къватIисан ва жанисан кавалеристазул полкалъе гьабураб, чIварал бахIарзазул цIарал мармаралъул къоноялдаги хъван, чуда рекIун вагъулев солдатасул суратги тIад бахъун. Гьелъ дие кIудияб асарги гьабуна. Гьенир чIван рукIун руго гIемерал Кавказалдасаги, Дагъистаналдасаги, районалдасаги кавалеристал. Кавалеристазул полк гIуцIун букIун буго Дальний Востокалда, хас гьабун, Кавказалдаса гIолохъабазул. Гьаниб полкалъе кIудияб ками ккун буго Севский шагьар хвасар гьабулаго.

Гьениб бижана дир хивал гIагараб росулъа рагъда хваразе гьадинабго памятник гьабизе. 25 чиясул цIарал хъвараб памятник бан рагIалдеги бахъана Аллагьасул кумекалдалъун. Щибаб соналъ Бергьенлъиялъул къоялъ тIубараб жамагIатго данделъула гьенир. РакIалде щвезарула рагъда чIваралги, тIад руссаралги. Къулгьу-алхIамги гьабула, садакъаги бикьула. ЛъикIаб гIахьаллъи гьабула школлъималазги. Нижер эмен Урбаев МухIамадицаги ва кIудияв вац Ибрагьимицаги(гьев араб бакI лъачIого тIагIана) рухI кьуна ВатIаналъе гIоло. Жакъа Булатханил руго анлъго лъимер, дир руго микьгоял. Гьезулги лъимал руго. Гьел киналго гIезарун руго ВатIан бокьиялъул тарбиялда. Киданиги гьездаса тохаб, хIалихьатаб иш лъугьинчIо ва лъугьинеги батиларо. Щибаб Бергьенлъиялъул къоялъ гьез гIахьаллъи гьабула дир инсулги цоги рагъда хваразулги сураталгун "Хвел гьечIеб полкалда" ва чIухIула кIудияв эмен ВатIаналъе гIоло рухI кьуразул кьерда вукIиналдаса.

Билбулат Мух1амадов ,

ДРялъул сахлъи цIуниялъул мустахIикъав хIалтIухъан

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

11