Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

М. ХIАСАНОВ: «Гьабулебщиналъул мурад- нилъер районалъул гьумер берцинлъи»

(Араб соналъул хIасилазулги бицун цIияб соналде хIисабалде босаралъул бицунеб буго районалъул бетIер МухIамад ХIасановасулгун нижеца гьабураб жакъасеб гара-чIвариялда.)

-МухIамад, тIоцебесеб иргаялда баркула 2018 соналъул хIасилазда, мугIрузул районазда гьоркьоб нилъее щвараб бергьенлъи, республикаялъул тIадчагIаз районалъул хIалтIуе кьураб тIадегIанаб къимат. Бокьилаан байбихьудасаго гьелъул рахъалъ цо-чанго рагIи абуни.

-Баркала. Гьеб буго киназего гIаммаб бергьенлъи. 2019 соналъул 19 декабралда Дагъистаналъул бетIер В.А.Васильевас бахъараб хIукмуялда рекъон 12 мугIрузул районазда гьоркьоб нилъер районалъе кьун буго тIоцебесеб бакI. Гьел бакIал рихьизарулаго хIисабалде росула кIикъогоялде гIагарун администрациялъул хIалтIабазул хIасилал, 12 министерствоялъ тасдикъги гьарула гьел. Гьанибго абизе ккола 2017 соналъги ккун букIана нилъер районалъ тIоцебесеб бакI ва 2016 соналъин абуни кIиабилеб бакIалде рачIун рукIана. Гьеб ккола, къокъ гьабун абуни, росабазул бегавулзабигун цадахъ рекъон хIалтIун ккараб хIасил.

-КъватIибе загьираб, халкъалъе пайдаяб гIемераб хIалтIи гьабуна районалда 2019 соналъ. ЗахIмат букIанищ гьел ишал рагIалде рахъинаризе? ГIаммгьабун босани, кинаблъун букIараб районалъе араб сон?

-2019 соналъул цереккун гьарурал хIасилазда рекъон гьарун руго 950 миллион гъурущалде гIагарун хIалтIаби. Гьел ккола ХIебда парк къачIай, гьенибго лъуна Дагъистаналда кIиго гурони гьечIеб лъикIаб лъимал расандизе алатал ругеб санагIатаб майдан. Гьебго ХIебда росулъ банкалдаса МФЦялде щвезегIан хъилги тIун нух къачIана, райцентралъул лъабго кIкIал букIана риидалги хасалоги цIакъ санагIат хвараб, гьел бетон тIун къачIана. ХIубалги чIван Шамил имамасул къотIнор цIиял чирахъал лъолел руго.

«150 школа» абун программаялда гIахьаллъун Ругъелда, ТIелекь ва ГIурада школал къачIана. Райбюджеталдаса гIарацги кьун къачIана 5 школалъул кабинетал, «Точка роста» программаялъул тIалабалда рекъон гьениб оборудование лъуна. Гьединго ремонтал гьарун къачIана 9 школа (Гьандихъ, Бакълъухъ, ТIогьохъ, Гъогъолъ, ТIасабакълъухъ, Къваниб, ТIидиб, ТIелекь, ГьентIа, ГIуриб).

Районалъул киналго гьоркьохъел школазде хIажатаб оборудованиеги босун, ремонталги гьарун, къачIана медицинаялъул кабинетал. ЦIияб ГIурада росулъ бан рагIалде бахъунеб буго 320 цIалдохъанасе бакI бугеб школа.

«Школьный автобус» программаялда рекъон 2019 соналда районалъул школазде бачIана 6 цIияб автобус.

Лъуна ТIидиб ва Микьигьориб цIиял лъел мухъал. Микьигьориб-ГIуриб лъел мухъ лъугIизабун бажаричIо захIмалъаби дандчIваялъ. ЦIекIоб, ГIурада ва ХIотода къачIана лъел мухъал. Генерал-полковник МухIамад Танкаевасул юбилеялде бан рагIалдеги бахъинабун хIалтIизе кьуна цIияб музей.

Хъилги тIун къачIана 2 километр Гьолокь-ТIелекь шагьранух ва ХIотода-ТIидиб 3,5 километр.

-Басрияб соналъул хIасилазда цадахъго хIисабалде босула цIияб соналъ гьабизесебги хIалтIи. Исана церечIарал масъалаби, бищунго кIваркьезесел рахъал кинал ругел?

-2020 соналде руго нилъер гIемерал планал. Гьебго «150 школ» программаялда Гьоор, ГIасаб ва ХIотода школал къачIай, КъахIиб ва Могьохъ цIиял школал рай, ракIалда буго НитIаб, Датуна ва Дагъбаш школазда ремонтал гьаризе, Гьолокь ва Бакълъухъ росабалъ ясли-ахазда цIиял группаби рагьизе. Жеги гьаризе руго ХIебдабе ва ГьентIабе цIиял лъел мухъал, Хучада клуб къачIай, Дагъбашалде кьо бай гIадал хIалтIаби. Нухал къачIазе руго ТIелекь, КъахIиб-Гьоор, ГIуриб-Микьигьориб-ТIогьохъ, Хучада-ЦIекIоб-Лъануб росабалъе.

2019 соналъул хIасилал мухIканго февраль-марталда газеталдасан кьела нилъеца, гьединго гIатIидго бицина гьабун рагIалде бахъаралъул ва гьабизе квербаралъул. Кинабго гьабулебщиналъул мурад буго нилъер росаби цIилъи, гIадамазул рукIа-рахъин, яшав лъикIлъи, районалъул гьумер берцинлъи, магIарухъ гIумру гьабизе ракьцоязул гъира цIикIкIин. Цоцахъги гIенеккун, цадахъ лъугьун гьаруни жеги чанги лъикIал ишал рагIалде рахъина нилъер. Аллагьас гьелъие къуватги кьеги нилъее.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

4