Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

17.05.2019 15:43 Пятница
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Танкаевасул кубок босана Гьолокь командаялъ

Автор: П.МухIамадова

9 маялъул байрамиял тадбиразул ахирисеб бутIалъун букIана гьел къецазул финалиял хIаял.

Районалъул 13 росдал команда гIахьаллъарал хIалуцарал къецазул хIасилалда тIоцебесеб бакI щвана Гьолокь росдал командаялъе. КIиабилеб бакIалде бачIана Гьоориб росдал команда ва лъабабилеб бакI ТIелекь командаялъе щвана.

ХIебда хIухьбахъиялъул паркалда 27-28 апрелалъ тIоритIарана  машгьурав ракьцояв, генерал-полковник М.Танкаев ракIалде щвезавиялъе районалъул росабазда гьоркьор волейболалъул къецал.

9 маялъул байрамиял тадбиразул ахирисеб бутIалъун букIана гьел къецазул финалиял хIаял.

Районалъул 13 росдал команда гIахьаллъарал хIалуцарал къецазул хIасилалда тIоцебесеб бакI щвана Гьолокь росдал командаялъе. КIиабилеб бакIалде бачIана Гьоориб росдал команда ва лъабабилеб бакI ТIелекь командаялъе щвана.

Гьединго рихьизарун рукIана турниралъул хасал шапакъатал «Лучший игрок», «Лучший защитник», «Лучший нападающий», «Лучший связующий» ва «Приз зрительских симпатий»абурал бутIаби.

Бергьенлъи босарал командабазе ва хасгьабун рихьизарурал бутIабазда бищун лъикIазе райадминистрациялъул ва генераласул гIагарлъиялъул рахъалдасан спонсораз кьуна грамотаби, кубокал, къиматал ва гIарцулал сайгъатал.

Спортивиял тадбиразул ахиралда кIалъай гьабулаго районалъул бетIер М. ХIасановас ва М. Танкаевасул гIагарлъиялъул рахъалдасан М. Хижаловас баркала кьуна, кIалалги ккун багIарараб гьава-бакъалъухъ балагьичIого, гIахьаллъи гьабуразе ва болельщиказе.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

3