Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

07.02.2019 10:14 Четверг
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ПасихIлъиялъул гьунарчагIи

Автор: П.МухIамадова

Цояв хвалчен рекIарав,

Цояв гIакълу рекIарав

ВукIине кколин имам

Къацандана наибал.

Лъаларо щиб рекIарав

ЛъикIав вукIунев имам,

Амма кочIое имам

Кинабго рекIарав лъикI.

ХIамзатил Расулица хъваледухъ кинабго рекIарал, ай рикIкIунеб кочIолъ кинабго рекъон ккарал тIатинарулел къецал тIоритIана араб талат къоялъ районалъул Лъайкьеялъул отделалда. Рахьдал мацIалда Дагъистаналъул авторазул асарал пасихIго цIалиялъе къецазда гIахьаллъана районалъул микьго школалъул 11-леб классалъул цIалдохъаби.

ГIолилал адабиятчагIаз бихьизабизе кколеб букIана пасихIго кечI цIали гуребги, жидецаго бищараб асар рекъонккей, гьелъул магIна бичIчIи ва балагьаразе эстетикиябгун гIакълияб асар гьаби.

ЦIалдохъабаз ва мугIалимзабаз гьабураб хIадурлъиялъе цIакъ кIудияб къимат кьуна жюриялъул председатель ГIасаб гьоркьохъеб школалъул директор ГьитIиномухIамад Шабановас. ГIолилазе малъа-хъваялгун ва гIисинал гъалатIал ритIизарун кIалъана ХIебда школалъул авар мацIалъул ва адабияталъул мугIалим ПатIина ГIалиева. Жюриялъул киналго гIахьалчагIаз баркала загьир гьабуна гIолилазул авар адабиятгун маданияталдехун рокьи куцалел мугIалимзабазе.

ХIалуцарал къецазул хIасил гьабун тIоцебесеб бакIалде ячIана ХIебда гьоркьохъеб школалъул цIалдохъан Джамолодинова ПатIимат. Расул ХIамзатовасул «Дир Дагъистан» абураб тIехьалдаса бутIа цIалана гьелъ. Районалъул цIаралдасан ПатIиматица гIахьаллъи гьабизе буго къецазул республикаялъулаб этапалда.

КIиабилеб ва лъабабилеб бакIалде рачIаралги рехсечIого гIеларо. Цоялдаса цоял лъикIал асарал рищун, мухIканаб хIадурлъи гьабуралъухъ жюриялъ киналго гIахьаллъаразда гьоркьор рикьана гьел бакIал. КъахIиб школалъул цIалдохъан АхIматихIмаева П., ТIидиб школалъул Абмиялова А. ва Гьоориб школалъул цIалдохъан МухIамадова М. рачIана кIиабилеб бакIалде.

Лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъана Гьандихъ школалдаса МухIамадова Х. , Ругъелда школалдаса ХIажиева П., Ракьуб школалдаса ТIалхIатова ва ГьентIа школалъул цIалдохъан ХIажиева Х..

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

2