Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

28.10.2019 15:56 Понедельник
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ГIумру къватIиб аниги къулана мун мугIрузе

Автор: Майсарат МухIамадова

МухIамад Танкаевас 100 сон тIубаялде

ГIумру къватIиб аниги къулана мун мугIрузе

Чанги бакъан тIамураб

ТIамур гIадаб дир ракIалъ,

Радалго руго жакъа

Рекъезарулел чIваби.

Чанги бакъан тIамураб

ТIамур гIадаб дир ракIалъ,

Радалго руго жакъа

Рекъезарулел чIваби.

Дихъе шигIру буго щун

Щавкъалъ керен гьалдолеб,

Дагъистанго чIухIарав

БахIарчияс куркьбал гъун.

Биччанте гьеб рагIизе

ГIагараб Кавказалда,

Киналго мугIруздаги

ГIодорлъабаздаги.

ГIумру бихьараздаги

БачIинеб гIелалдаги,

Росабалъ, шагьаралда

Щибаб рокъобгун къватIиб.

Гьезда лъазе биччанте

Борхатаб тIалъиялда,

Нилъер магIарул улбуз

РухI лъурал бахIарзазул.

Гьидерил борхалъуда

Хочбар цо вукIинчIевлъи,

РакIги черхги чарамул

Чанги вас гьенив вижи.

Лебаллъи къуват бугел

Къуркьи-хIинкъи лъаларел,

Къоккаралъур ратулел

Тохлъи жидер бихьичIел.

Гьидерил тIалъиялъул

Лъугьарал гIолохъабаз,

ГIарщиналъ борцарабгIан

Борхат гьабураб дир ракь.

Бице лъида рагIичIев

Рагъул гъалбацI- Танкаев,

Тулпарил гьунаралги

Гьесул бахIарчилъиги.

Гьадал сиязул сабру,

Дол кьурабазул кьвари,

Кьуна жеги гьитIинго

Гьесие тIабигIаталъ.

Гьес бихьинчилъиялъул

Рачел даим чучичIо,

Чорхолъ гьелегьараб цIа

ЦIорораб мех букIинчIо.

Борхатаб тIалъиялъул

Бищунго лебалав вас,

МагIарул миллаталъул

Бищунго гIадатав вас.

ВатIаналде къо ккедал

КъватIиве вахъарав гьев,

Рагъул майданалдаса

Бергьенлъигун вуссана.

Дагъистан улкаялда

ТIоцевесев генерал,

Генерал-полковниклъун

Парахат пенсиялда.

Амма рукIана къоял

Къисматалъ гьесий кьурал,

КьучIав гIурадисесда

ГIадамал хIикмалъарал.

ГIалхулал тушбабазда

Танкаевас цIа лъурал,

ЦIани гIадин фашистал

Гьас тIуризе тIамурал.

Дунял кодоб босилин

Кутакаб къасдгун щварал,

Щущазе гьариялъулъ

Гьасги ккураб хасаб бакI.

Халкъалда цIар рагIарав,

ГIурада гьавун гIурав,

МухIамадил лъимерлъи

Лъедола берда цебе.

МагIарулазул чIухIи

Гьидерил тIалъиялда,

ТIерхьун арал соназ дий

Сарин буго ахIулеб.

Гьале гIадатаб росулъ

ГьитIинаб минаялъуб,

Дида бихьулеб буго

Бущун кинида лъимер.

Мискинаб Танкал къавулъ

Ункъабилеб лъимаца,

Октябралъул къоялъ

Лъуна нух къисматалде.

Гьаб гьоролаб хаслихъе

Их каранде рещтIарай,

Эбелалъул рохалий

РагIа-ракьанго гьечIо,

Къадруяй аваралда

Узухъда лъалеб гьечIо,

Гьаб жиндир рижиялъул-

Лъугьунев чи щивали.

Рохелго бахчичIого

Балагьун васасухъгун,

Бихьинчи гьавунилан

Гьимулев вуго эмен.

Бихьинчилъи-гьеб ккола

Кидаго къуркьунгутIи.

Кин дунял свераниги

Сабурлъи рехунгутIи.

Бихьинчи кьурабилъун

Кьуруларо кидаго,

Кинаб къо бачIаниги

Къулуларо гьес бетIер…

Щиб жо нилъер росабалъ

Васал гIолеб замана,

Гьавунин рагIилалде

ГIун вачIун ватула гьев.

Ахикь бигьаро гIадин

ГIуна нилъер МухIамад,

ГIурадисезул росулъ

Васалгун гъорлъ жувазе.

Расандабалъги буго

Гучгун лебаллъи лъалеб,

ГамачI рехун, речIчIанхъун

ЧIел босула сундулъго.

Гьесул лъай-цIалиялде

ЦIикIкIун буго гъира-щавкъ,

Щибаб гъварилъиялде

Ваккизе буго бокьун.

КIудияб анищ буго

Агрономлъун вахъине,

Авлахъалда гьарзаял

Ахал гIезе гьаризе.

ГIумрудул тIоцебесеб

Сапар Танкаевасул,

Рабфакалде цIализе

Шурагьибе букIана.

Бичараб гIакдахъ щвараб

ГIарацги кодобе кьун,

ГIелму босун вуссаян

ВитIана инсуца вас.

Ана, чу кьолон гурев,

Кьурабалъан лъелго гьев,

Лъимер, жеги анцIила

Цо сон гурони бачIев.

БукIана хулжазухъ тIех

ТIаде гьекъезе риди,

Жеги цебехун нухлул

КIинусго километра.

Гьединан Танкаевас

Тана тIоцебесеб нух,

ТIадегIанал цIвабзазде

ЦIар рагIарал ишазде.

ГIумру жаниб гьалдолеб

Гьаб дунялалъул рокъоб,

Рекъараб бакI батизе

Таваккалгун вуго гьев.

Боржине хIалакараб

Куркьбал щулияб хIинчIлъун

Лъаялде хIасраталда

Танкаев вуго унев.

Чорбахараб черхалъул,

Чаран гIадаб ракIалъул

РикIкIадасанго лъала

Рилъин батIа бахъизе.

ГIамалалъулъ кьварарав

Кьураб рагIи холарев,

Хирияв вукIана гьев

Гьудул-гьалмагъзабазе.

Анищаз хур бекьулев,

Харбаз гIуру бегулев,

ГIамал-хасият гучав

Чи вукIинчIо МухIамад.

ГIезегIан къоги бихьун

Къварилъабиги хIехьон,

Лъугьана гьев цIализе

Сельхозинституталде.

Амма къоял иналде

Къваридаб хабар рагIун,

МагIаруласул рекIел

КIудияб рохел свана.

Улкаялда тIад ригъун

ТIупарал накIкIал рихьун,

МухIамадил анищал

Ургъелазде сверана.

Тушбабигун вагъизе

Рагъулаб махщел щвезе,

Гьанже гьав курсант ккола

Командирлъун цIалулев…

Цо роолаб рогьалилъ

Гьайбатаб улкаялде,

Гьулчун бачIана балагь

Бана бомбабазул цIад.

Чваххун магIу тIолаго

ТIугьдул гIодор къулана,

КъотIана хIанчIазул сас,

Свана зодихъ багIарбакъ.

БачIана чIегIераб къо

ЧIухIараб ВатIаналде,

ВахIшилъи цIоб гьечIолъи

ЦIадулъ босараб Брест.

Каранда гулбиги щун

Щапун унел солдатал,

Агь, Аллагьан, эбелан

Угьи-зигарди сверухъ…

Жакъа цIалунги вахъун

Нахъисеб къоялъ радал,

Рагъулаб майданалде

МухIамадги вачIана.

Михъида хIур кIутIулев

ХIасратав гIолохъанчи.

ГIалхулаздаса рецIел

Босизе гIащикъ вуго.

Гьас бетIерлъи гьабулеб

Рагъухъабазул взвод,

Тушбаби гъурун ралеб

ГъалбацIалда релълъуна.

Амма лъикIго лъедерлъун

Буго гьасул взводги,

Днепра бахунелъул

Доб рахъалде щвелалде.

РахIму-цIоб гьечIел рагъал,

Ракьалда бидул хIорал,

РухI дагьал лъукъаразул

ЛъугIиго гьечIеб угьди.

БахIарчияв , лебалав,

Аваразул гIолилав,

ГIажалалъ къвал жемараб

Жаназабазул гохIда.

Росу-ракь рикIкIад буго,

РекIкIаб хвел хьолбохъ буго,

РецIел, рецIел, рецIелан,

БецIцIулеб ракIги буго.

РикIкIун хIал лъида кIолел

Рагъулал гьасул ишал,

Берлиналде щвезегIан

Гьес нахъе тарал нухал.

БахIарчилъиялъул цо

Хасаб хасият буго,

Хвел гьелдасан хIинкъулин

Халкъалъул аби буго.

Кутакал, таваккалал,

Танкаев, дур гьужумал,

Гьаб рагъул тарихалда

ХутIана ВатIаналъе.

Гьидерил тIалъиялда

ТIадегIанав аварав,

ТIерхьунареб цIва гIадин

ЦIар буго дур кенчIолеб…

Къоло щуго сон барав

ГIолохъанчи полковник,

Орденаз керенги цIун

Кавказалде вуссана.

Дунял бухIараб рагъул

Гъугъади къотIаниги,

Инсул росулъ сардал ран

Свак чучизе чIечIо мун.

МухIамад, кватIичIого,

Академия лъугIун,

Лъайги гIелмуги бугев

Генерал вахъана дур.

Мун киналго реццазул

Иццул бетIерлъун ккола,

Дур бахIарчилъиялда

ДандцIазе давла гьечIо,

Амма дур яхI цIунарал

ЦIумил гIамал босарал,

Гьанже Дагъистаналда

Дагьлъулел ругин ккола.

Мунгун кибго букIана

МагIарул мацIги цIарги,

ГIумру къватIиб аниги

Къулана мун мугIрузе.

Гьидерил тIалъиялъул

ТIадегIанав инарал,

АхIана лъараб куцалъ

МухIамад, дица гьаб кечI.

Улкаялъул багьадур,

Дагъистаналъул чIухIи,

Дур цIар даим ссунареб

ЦIвалъун хутIана нижей.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

7