Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

25.01.2019 12:09 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Освенцималъул концлагеразул каваби рагьарал командиразул цояв вукIана полковник Танкаев

Автор: Будун МухIамадов
ГIурада музеялъул директор
Источник: газета "ЕДИНСТВО"

Асиразе талихIаблъун, солдатазе ракI гъанцIараблъун лъугьараб 1945 соналъул 27 январалъул къоялъ Освенцималъул концлагеразул каваби рагьарал полказул командиразул цояв вукIана полковник Танкаев.

27 январь, 1945 сон. Польшаялъул гьитIинаб шагьар Освенцималда маххул зазил чали сверун къараб концлагералъул чIахIиял бараказда жанир хутIарал, ракъуца ва унтиялъ загIиплъарал асирал киналго цадахъ гъуризе хIадурлъулел рукIана фашистал. (Гьелде щвезегIанги , батIи-батIияб къагIидаялъ, ункъго миллион асиразул Освенцималда немцаз).

Гьеб къоялъ тIаде щвараб Советияб армиялъ хвасар гьаруна цIакъго гIагарда хвалдаса рорчIиналдаса хьул къотIарал микьазаргогIанасел асирал .

Асиразе талихIаблъун, солдатазе ракI гъанцIараблъун лъугьараб 1945 соналъул 27 январалъул къоялъ Освенцималъул концлагеразул каваби рагьарал полказул командиразул цояв вукIана полковник Танкаев.

«Освенцим концлагерь эркен гьабулаго нижее бищун захIматаб заманалда тIаде щвана полкалъул командир полковник Танкаев ва гьес буюрана: « Артиллериялъул дивизионалъ тушманасул тIаде рачIунел ругел танкабазда ва пехотаялда тIад цIа лъе! Цояб батальоналъ тушманасул кваранаб рахъалда кьаби щвезабе!»-ян. Тушман тIурана. Нахъисеб къоялъ Танкаевасул полкалъ эркен гьабуна Бзежинкаялъул лагералги..»

Лъиениги вокьизелъун жив кидаго гьимичIев

Гьале 2019 соналъул 27 январалда тIубала 74 сон Советияб армиялъ, фашистаз гIуцIун букIараб Освенцималъул ва Бзежинка концлагерал эркен гьаруралдаса.

1980 абилеб соналъул ихдал Польшаялъул Краков шагьаралда гIуцIун букIараб халкъалда гьоркьосеб монифестациялде гьоболлъухъ ахIун букIана СССРалдасанги делегация. Делегациялъе бетIерлъи гьабуна генерал-полковник М-д Танкаевас.

Гьенире рачIун рукIана Европаялдасаго хвалил лагеразда рукIарал узникалги.

Гьениб кIалъазе рагIи кьуна 100 абилеб дивизиялдасан вакил, гьеб хвалил лагерь 1945 соналъул 27 абилеб январалъ эркен гьабураб 400 абилеб полкалъул командирлъун вукIарав нилъер ракьцояв, МухIамад Танкаевасеги. КIалъана гьенир Освенциялъул жужахIалдаса хвасарлъаралги.

Гьеб къоялъ гьенир рукIарал узниказда жал хвасар гьарурал полкалъул командир МухIамад Танкаев вукIаравлъи лъараб мехалъ, чваххулаго магIугун гьев горсверулъе вачуна херал французаз, поляказ, гIурусаз, греказ, евреяз ва гьединго гьенире рачIун рукIарал батIи-батIиял миллатазул гIолилаз. РикIкIен гIемерал суалаздаса байбихьана гьеб дандчIвай..

Пашманал ракIалде щвезариялъул рохалилаб гьеб дандчIваялда, биялъ чурарал къватIазухъги балагьун, цо херав гIурусас рикIкIараб кочIол куплеталъ гIажаибаб асар гьабула Танкаевасе.

Гьале дол МухIамадида рагIарал кочIол мухъал:

«РикIкIен гьечIев инсан чIварал бияца,

Гьаб гIатIилъиялъул ганчIал чурана,

Амма аза-азар хвел бачIаниги

ЧIечIо тушманасда цере къуркьизе.»

Гьеб данделъиялда МухIамадица бицуна, жидедаго гьенир ратарал инсанасул черх сорозабулел лъалкIазул.

Хвалил лагерь эркен гьабурал тIоцересел минутазго Танкаевасда аскIове вачIуна херлъиялъ тату хварав, букIкI-букIкIараб гьумералъул хIалихъе хьвадулев цо гIурусав. ЦIех-рех гьабидал гьев ватула Дагъистаналдаса Григорий Васильевич Сарафанов, жеги 39 сон тIубачIев гIолохъанчи.

Гьеб гурищ цоги нугIлъи, гьеб лагералъул кьогIлъиялъе. Хадуйго Танкаевасда аскIое ячIуна цохIониги кIалдиб цаги гьечIей херлъиялъ къулараб мугъалъул, гIазухъахIаб ботIрол расалъул кIодо. Гьейги ятула захIмат гIакъубаялъ кIвекIаниги, жеги 19 сон гурони бачIей гIадан.

Лъималазул блокалъуве щведал, гьений МухIамадида ятула 2 сон барай Смоленскиялдаса Галя Прохорова, 12 сон барав Витебскиялдаса Гриша Жуков, гьединго Югославиялдаса Иосиф Бриз Титол яцалъул вас Олег Миндач-гьевги Киевалдаса гIурусалъул васасул вас.

1945 соналъул январь моцIалъ 3 абилеб Украинаялъул фронталъул, 100 абилеб дивизиялъул, 460 абилеб полкалъул командир Танкаевасухъе щола командованиялъул

Освенцималда ва Бзежинкалда хвалил лагеразда ругел асирал эркен гьаре-ян буюрухъ.

«Нижехъе щварал баяназда рекъон -ян хъвалеб буго дивизиялъул командир Красавиница, Освенцималъул узникал цо бутIа бакътIерхьудехун ритIун, цогидал чIван ва газалъул камераздаги гъанкъун , лагерь бугеб бакI лъаларедухъ ракьалдаса лъугIизаризехъин руго. Дуда тIадаб буго 472 абилеб полкалъул командир Беспрозваннийгун цадахъ лъугьун , 27абилеб январалдаса кватIичIого Бзежинка ва Освенцим концлагералъул асирал эркен гьаризе. РакIалда чIезабе ножор таваккаллъиялда бараб букIин цо чанго азарго чиясул гIумру. Комдив Красавин.»

- Цебе лъураб суал букIана цIакъ бигьаяб гуреб –ян хъвалеб буго МухIамадица.

25абилеб январалъул рогьалилъ байбихьула лагерь эркен гьабиялъул операция. Немцаз гьабулеб данде рагъги бигьаяб букIинчIо. Кин бугониги полкалда кIола 27абилеб январалъул сагIат 12 тIубараб мехалъ фашистаздаса Освенцим тIубанго бацIцIад гьабизе.

1975абилеб соналъул 13абилеб марталъ «Советская армия» газеталда бахъараб макъалаялда рагъулал гIелмабазул кандидат, полковник Дектяревас хъвалеб буго:

« Освенцим эркен гьабулаго нижее бищун захIматаб заманалда тIаде щвана полкалъул командир полковник Танкаев ва гьес буюрана: « Артиллериялъул дивизионалъ тушманасул тIаде рачIунел ругел танкабазда ва пехотаялда т1ад цIа лъезе ва цо батальоналъ тушманасул кваранаб рагIалалда кьаби лъезе». Тушман тIурана. Нахъисеб къоялъ Танкаевасул полкалъ эркен гьабуна Бзежинкаялъул лагералги. ХIисаб гьабураб мехалъ, гьеб лагералъул гIатIилъи батун буго 50кв.км. ва гьединго Освенцималда эркен гьавун ватун вуго 17000-ялде гIагарун лагералъул асирал. Гьениб лагерь бикь-бикьун букIун буго 12 майданалде. Гьединго батун буго, 32 цIулал барак, жиб-жибалда жаниб 500 асир рекъезавулеб. Освенцим эркен гьабураб къоялъ лагералда батун буго хваразул, чIваразул, газалъ гъанкъараздаса бахъараб ратIлил цIураб 35 склад.

Гьездасан цохIо анлъго складалда жаниб рикIкIараб мехалъ батун буго хвезарураздаса тIаса бахъараб ратIлил 1 миллионгин 200 азарго комплект ва руччабазул ботIрол расалъул 7000 кг.

Халкъалда гьоркьосел экспертаз чIезабухъе, цохIо Освенцималда фашистаз тIагIинарун руго 4 миллионалдаса дагьав гьечIев рагъул асир.

Гьеб «чIагоязул жужахI» эркен гьабулаго араб 54 сагIаталда жаниб 460абилеб полкалъе ками ккола 67- чIваразул ва 119 лъукъаразул. Немцазул 220 чи чIвала, 94 офицергун, солдат асир гьавула.

Советияб армиялъе гьениса щола рагъулаб давлаги: кванил ва къайи-цIаялъул цIураб 100 вагон, 50 автомобиль, 44 танкабазде данде кьвагьулеб гIарада, 11 миномет, цо чанго батIи-батIияб къайиялъул склад, 60000 тонна тIурччи, 17 паровоз.

Освенцималда бихьизабураб командирлъиялъул гьунаралъе гIоло Танкаевасе щвана « БагIараб байрахъ» орден ва гьесул полкалъе кьуна Александр Невскиясул орден. Хадусеб «БагIараб байрахъ» орден МухIамадие щвана Чехославакиялъул Опава шагьаралде гьабураб гьужумалъе гIоло. Гьелде щвелалдего 1943абилеб соналъул февралалъ Сталинград тушманасдаса цIунулаго, МухIамад тIамула 823абилеб полкалъул командирлъун ва гьениб бихьизабураб командирлъиялъул гьунаралъе гIоло гьев кIодо гьавуна «БагIараб байрахъ» орденги кьун.

МухIамад гIахьаллъана Смоленск ва Москва цIунулел рагъазулъ, Курская дуга, Доналда, Днепралда, Корсун-Шевченкоялда, Львавалъулгун- Сандомиралъулал, Висло-Ордералъулал рагъулал операциязулъ.

Тернополь шагьаралде гьужум гьабулаго бихьизабураб гьунаралъе гIоло Танкаевасе кьуна «ВатIаналъул рагъул тIоцебесеб даражаялъул» орден.

МухIамадил полк гьоркьобе унеб 100-леб дивизиялъ Воронежалдаса Прагаялде щвезегIан рекерунниги, чехьалда хурщунниги нахъа тана 1700 км рагъул нухалъул, эркен гьаруна 1500 шагьаралгун росу.

Танкаевасул полкалъ немцаздаса рацIцIад гьаруна Краков, Прага, Верхная Силезия. МухIамадие рихараб букIана жив вецун лъицаяли бугониги кIалъай гьабизе. Гьесул рагъулги хъулухъазулги хIакъалъулъ лъазе кIола гIицIго гьесул хъулухъцоязул баяназда рекъон.

Гьале МухIамадил хIакъалъулъ Расулица хъварал рагIаби: « Лъиениги вокьизелъун Танкаев киданиги гьимичIо ва лъиениги гьес бетIер къуличIо. Гьес бетIер къулана гIицIго ВатIаналда цебе. Солдатгун гьев вукIана солдатлъун, генералгун-генераллъун.

Дунялалда дир руго рикIкIен гIемерал гьудулзаби, амма Танкаевасулгун дир гьудуллъи хас гьабун батIияб букIана. Гьев кколаан дие цIакъ хирияв гьудул».

Гьале живго Танкаевасул рагIабиги: «БетIерлъуде мунго ккараб мехалъ кIочене тоге киданиги, мунгоги гIадатияв чи вукIаравлъи» гьел рагIабазги бицунеб гьечIищха кигIан тIадегIанаб культураялъул инсан вукIаравлъи генерал-полковник М-д Танкаев.

Солдатасдаса бахъараб генераласде щвезегIан тушманасдаса ВатIан цIунарал чIагоязеги нилъедаса аразеги абадияб рецц!

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

6