Къалмица хъвараб гIащтIиялъ къотIуларо
«Къалмица хъвараб гIощтIоца къотIуларо»-ян абиялдаса бихьулеб буго басмаялда бахъанщиналъул кинабго заманалъ кIвар букIараблъи.
ЦIияб соналъул къо-моцI хъвараб тIоцебесеб казият биччалаго баркиялъул калам гьабичIого кин телеб? ГIемераб хIалбихьиги, чанги баракатги кьуна Аллагьас нилъее араб соналъ. Цо-цо мехалъ сабру хун хъачlлъи ккаралъухъ тавбуги буго Бетlергьанасе. Баркатаблъун батаги 2019 сон.
Баркиялъул берцинаб калам гьабун нилъ тIураларелъул, къокъго бицина киназего гIаммаб хIалтIул.
Щибаб цIияб соналде гали тIамулаго лъикIалде хьул букIуна нилъер. ЛъикI букIиналъе къасдги гIамалги гьабула гIадал нах роцIцIарав, рекIелъ канлъи бугев чияс. Чанги лъикIал ишазе кьучI лъуна районалда араб соналъ. Цоял рагIалде рахъана, цогидазда тIад хIалтIи унеб буго. Халгьабураб мехалъ, тIолабго районалда бихьулеб буго социалиял рахъазул цIилъи, цебетIей. Цогидал соназда данде ккун, налогал ракIаризеги гIезегIан яхI бахъана нилъеца гъоркьисала. Гьеб кинабго цебетIей халлъана республикаялъул нухмалъулезе, мустахIикъаб къимат нилъер бетIер МухIамад ХIасановасеги кьуна.
Загьирго бихьулеб буго бегавулзабазул ва гIадамазул хIаракат, жидерго росабазул гьумер берцинлъизабизе, яшав лъикIлъизабизе. Амма киназулго гуроха. Жиндир каву бахун жаниселъул гурони тIалаб гьечIел цо-цо нухмалъулезги, гьебго кIваргьечIолъиялъ унтарал гIадамазги буго росабазул батаниги, идарабазул батаниги иш нахъе цIцIалеб. Квеш ккараб жо буго- жамгIияб хIаракатчилъиялъулъ гIахьаллъизе гьезие бокьунгутIи, районалъул, республикаялъул нухмалъулез бицунеб жидееги гIаммаблъун бихьунгутIи. Гьеб кIваргьечIолъи буго районалъул, республикаялъул басмабазде цIикIкIунисезулго гIадамазул.
«Къалмица хъвараб гIощтIоца къотIуларо»-ян абиялдаса бихьулеб буго басмаялда бахъанщиналъул кинабго заманалъ кIвар букIараблъи. Казияталда бахъинчIони хIакъикъияблъун рикIкIунаро закон, тIадчагIазул хIукмаби, буюрухъал, бюджет ва гь. ц. Гьебго кIвар буго тохтурзабаз, халкъалъул хIинкъи гьечIолъи, парахалъи, социалияб рахъалъ цIунулел идарабаз зама-заманалдаса официалияб казияталда кьезе кколел баяназул, бичIчIикьеялъул хIалтIул. РачIуна гьел жидер пуланаб материал казияталда бахъеян редакциялде. Нижеца хабар тун бахъуна, мухьги босичIого, чIобого (амма щибаб идараялъул бугебха хасаб статья, гьеб ишалъе харжал гьаризе гIарац бихьизабураб (ред.) ). Хадурги гьел нижехъе раккула жидер материал бахъараб казият кьеян.
ХIурматиял, нужер кIарчанлъи гIантлъиялде сверулеб гьечIищ? Гьаб казият буго районалъул нухмалъулезулгун къотIи-къайги гьабун, гьез бихьизабураб тIадкъаялда рекъон хIалтIи гIуцIулеб идара. Районалъул нухмалъулезул, Райсобраниялъул ишазул баянал халкъалъухъе щвезариялъе гIоло хьихьараб жоги буго казият. Районалъул администрациялда гьоркьоре унел отделазе гурони, цоги батIияб идараялъе, гIадамазул материал бахъизе, хъулухъ гьабизе нижеда тIалъуларо.
БатIияб иш буго творческий хIалтIи, лъугьа-бахъинал, цIиял харбал- гьеб бутIаялъ бицуна районалъул гIумруялъул, гIунгутIабазул ва тIокIлъабазул. Нижер гъираги бала лъикIал мисалазул, гIадамазул гIузрабазул, халкъалъе бокьулебщиналъул бицине.
ЦIакъ риз-ризго ведомственный идарабаздаса рачIунел, цоцазда релъарал лъазарияз ккола казияталъул гьурмазда цIикIкIунисеб бакI.
Мисалалъе: вачIунев вуго нижехъе цо тохтур яги цоги идараялъул специалист, щибаб санайил цого-цо макъалаги босун. Гьебги гIемерисебго мехалъ букIуна, нижерго басрияб казияталдаса къотIараб тIамач. Гьебищ халкъалъул тIалаб, специалистасул цебетIей? Гьединалго руго цогидал идарабазул вакилзабаз бачIунеб информация, щибго цIилъи, чIаголъи гьечIеб, чIамучIаб. «Гьоболасул хIама хIортIе бачанищ? Бачана..» — ян абула гьелда. Профессионалияб бичIчIи, гьелда рекъон гьабулеб хIалтIи халкъалъухъе кьезе жидергонигийищ бижилареб? Кинаб батаниге гьеб информация бахъараб казият жидерго кодобе бачIине подписканиги гьабулебани..
Аттестат яги цоги документ биларазулги буго гьебго, казият цIехон нижехъего рачIунеб, унти. Ниж почтальонал гуро, типографияги гуро, хIурматиял, ниж руго буцун, тIепун чед коронибе рехулеб гIадин, казият гьабулел чагIи. Корониса бахъун гьеб бичулел гIадамал батIиял рукIуна, ай гьеб буго, хIалхьезегIан мухьги босун, типографиялъги почтампалъги гьабулеб хIалтIи. Гьезги нужее казият кинан бачIинеб нужеца подписка гьабун гьечIони?
Цоги хIикматлъулеб жо — нужер казият кидайила къватIибе бачIунеб, гъоба жидер материал лъезе кколила, букIине кколила-ян вачIуна саламатаб хъулухъалда вугев чи. Щиб жаваб гьесие кьелеб? Гьеле гьединазин нахъе ккезабулеб бугеб халкъалъул бичIчIи. «Щив нухмалъулев яги махщелчи мун вукIунев, мун жаниб хIалтIулеб районалъул казият къватIибе бачIунеб мех лъаларев, гьеб цIехон редакциялде вачIунев?! Кинаб бичIчIи дуца дур нухмалъиялда бугеб коллективалъе, тIадкъараб хIалтIуе кьелеб»-ан бижула пикру, аставпируллагь)). Суалал, пикраби гIемер руго. ГIемераб тохлъиялда гъалайги буго биччан.
ХIасилул калам-нижее кигIан бокьичIониги казият тIубан тIун унеб буго халкъалдаса.
Санайилго гIадин исанасеб подпискаялъе чIаголъи гьабеян гIемераб гьарун букIана росабазул бегавулзабазда, идарабазул нухмалъулезда. «Горох об стенку»- ян гIурусаз абухъего буго иш.
Нус-нус чи хIалтIулел сахлъицIуниялъул идарабаз, кIудияб коллективги лъикIал харжалги ругеб полициялъул отделениялъ гьабураб подписка бихьидал дунго нечана!
Гьебго хIал буго гьидерил мухъалда, цоги чIахIиял росаби ругел бакIазад. Мисалалъе- гьидерил микьабго росулъ районалъул газеталъе гьабураб подписка 130 ялде бахун гьечIо (гьебги букIинароан райОНОялъул нухмалъулев Ибрагьим ХIажиевасул тIалабалда гъоркь мугIалимзабаз хъвачIебани). Гьидалъ- кIудияб участкаялъулаб больница, щибаб росулъ школал, ФАПал, ясли-ахал, библиотекаби, культура, искусство, росдал администрациял- гьебищха районалъул гIумруялъулъ нужер гIахьаллъи?
Жидер идараялда, росулъ бугеб ахIвал-хIал, гIумру бихьизабизе, цогидазул рахъалъ лъазенигийщ бокьилареб? ЧIухIараб ретIел, квен, мина-къайи бугониги щиб, язихълъун буго рухIияб рахъ, мукъсанлъун, бецIлъун руго ракIал. Гьезда жаниб чирахъ жибго рекIунаро, гьелъиеги пикру, ракI цадахъ хIалтIун энергия кьезе ккола. Исана буго район гIуцIаралдаса 95 сон, генерал полковник Танкаев МухIамад гьавуралдаса 100 сон. ЧIахIиял тадбирал гьаризе хIисабалде босун буго районалъул нухмалъулез. Гьеб кинабго хъван наслабазе нахъе тезе нилъеда тIалъула.
Ватцапалдаги инстаграммалдаги жанир кIусиялъ лъавукълъиялде унеб, буголъиялъ цулъараб гьаб халкъалда Аллагь гурхIаги.
Добавить комментарий
Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.