Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

27.04.2017 09:14 Четверг
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Гьудуласул хIакъалъулъ пикраби

Дида цIакъ лъикI лъалаан ХIажиев Ибрагьимил эмен ХIажияв ва эбел К1илъилай. Гьел рукIана рокъоб гьудуллъиги бугел, къватIиб магIишатияб хIалтIиги лъикI гьабулел, гьобол — гьудулги хириял рос-лъади. Гьединаб магIна бугеб хъизамалда гIурав чи вуго Ибрагьимги. Гьединлъидал Ибрагьим вуго гьобол-гьудулги хирияв, гIадамазеги вокьулев ва гьез хIурматги гьабулев, унго-унгояв гIуцIарухъан, бажари бугев гIадан. Гьединлъидалин 1968 соналда гьесда божилъи гьабураб МачIада школалъе нухмалъи гьабизе. Гьебмехалда лъана дида Ибрагьим  ва ккана кIиязулго лъикIаб гьудуллъи. 

Юбилеял

 

Гьудуласул хIакъалъулъ пикраби

 

    Дида цIакъ лъикI лъалаан ХIажиев Ибрагьимил эмен ХIажияв ва эбел К1илъилай. Гьел рукIана рокъоб гьудуллъиги бугел, къватIиб магIишатияб хIалтIиги лъикI гьабулел, гьобол — гьудулги хириял рос-лъади. Гьединаб магIна бугеб хъизамалда гIурав чи вуго Ибрагьимги. Гьединлъидал Ибрагьим вуго гьобол-гьудулги хирияв, гIадамазеги вокьулев ва гьез хIурматги гьабулев, унго-унгояв гIуцIарухъан, бажари бугев гIадан. Гьединлъидалин 1968 соналда гьесда божилъи гьабураб МачIада школалъе нухмалъи гьабизе. Гьебмехалда лъана дида Ибрагьим  ва ккана кIиязулго лъикIаб гьудуллъи.

Нилъер умумузул аби буго, лъикIаб гьудуллъи ккезе ккани, гьир цIамул кваназе кколин цадахъилан. Амма нижеца гьир цIамул кваназе ккечIо, ккечIониги нижер гьудуллъи щулалъана. Цоги умумузул аби буго дур гьудул щивилан бице, дица бицина мун кинав чи вугевилан. Гьедин кьола гIадамасе къимат гьудуласдасан. Гьудул лъикIав вугони, мунги лъикIав, гьудул квешав вугони, мунги квешав. Гьединав, гьудуллъиялда ракI чIезе бегьулев, чи ватана дида Ибрагьим.

      Ибрагьим дида ватана цохIо лъикIав гьудул гуревги, бажари бугев гIуцIарухъанги. Гьес  МачIада школа  бачана цересезул кьеразулъе. Гьев директорлъун тIамураб мехалда МачIада букIана микьго сонилаб школа. КIиго соналда жаниб, жамагIаталъул кумекалдалъун, бана школалъе цIияб мина ва рагьана гьениб гьоркьохъеб школа, интернатги бугеб. Гьеб гIеларищ гIуцIарухъанлъиялъе цо мисаллъун. Школалда руго цохIо классал гурелги хIалбихьиязул хур, пихъил ах, стадион, киналго санагIалъаби ругел интернаталъе рукъзал, бассейн, ракьулъ гьабураб тир, ретIел букъулеб мастерская, автодром. Школа ккезабун буго хIажатаб къайи-цIаялдалъун.

    Жакъа школалда хIалтIулеб буго тIадегIанаб махщелалъул хIалбихьиги бажариги бугеб, хIалтIи бокьулеб гъункараб педагогияб коллектив. Гьединаб коллектив букIине ккани, гьеб буго нухмалъулесул бажари. Гьез гIатIидго хIалтIизарулел руго церетIурал лъай ва тарбия кьеялъул, жакъасел цIилъабазулги рицунел методал. Гьединго школалда рагьун руго химиялъул, физикаялъул, математикаялъул гъваридго предметал лъазариялъул классал.

     МачIада гьоркьохъеб школалъул цIалдохъабаз кIудияб гIахьаллъи гьабула районалъул ва республикаялъул олимпиадабазда. Ахирисеб щуго соналда жаниб МачIада школалъул цIалдохъабазе щун буго районалъул олимпиадабазда тIоцебесеб бакI- 67, кIиабилеб бакI- 54, лъабабилеб бакI- 71. Церехун рехсарал бергьенлъаби щвана къуркьи гьечIеб, кIвахI лъалареб, щибаб къойилаб захIматалдалъун директор Ибрагьим ХIажиевасул жигараб хIалтIул хIасилалда. Россиялъул ва Дагъистаналъул мустахIикъав учитель, 1997 соналъул «ЛъагIалил директор», кIикъогоялдасаги цIикIкIун соналъ бажарун нухмалъи гьабулеб буго гIагараб росдал школалъе. ТIадегIанаб профессионализм, гьабулеб хIалтIуе махщалилаб къагIидаялъ нух бати -гьединал тIалабал цохIо жиндехунго гурелги, гьес тIалаб гьабула учительзабаздасаги. Ибрагьим вуго гIажаибго ракIлъикIав, гIадлу низам бугев, унго -унгояв бусурманчиги. Гьес чанго нухалъ борхана ХIеж, гьев вуго хIакъикъияв, рекIелъ иман бугев, иман- ислам лъалев хIажичи. Живго гIадинал рукIине бокьун тарбия кьун гIезарун руго гьес жиндирго лъималги. ХIакъикъаталда лъималги руго гIадамазул хIурмат-хатир гьабулел, адаб бугеллъун.

      ГьанжелъизегIан хъвана Ибрагьимил хIалтIул хIакъалъулъ. Бокьун буго хъвазе Ибрагьимил гIаданлъиялъул хIакъалъулъги. Дун хIайранлъун хутIула гIадамаздехун гьесул бугеб хIеренлъиялде балагьун. КинабгIаги къваригIелалъ аскIове  чи вачIани, гьес гьезул къваригIел хехго, гьел разияб къагIидаялъ тIубазабула. Нухда  данде ккараздехун, гьалбадеридехун Ибрагьимил букIуна разияб, гьимараб, ракIрагьараб  гара-чIвари. Жиндихъе къваригIелалъ вачIарав чи разиго нахъе инчIони, жинда гьеб рекIелъ къалилан абула Ибрагьимица. Гьеб  гьечIищха гIаданлъи чиясул!

     Дун цIакъ гIемарав щвана Ибрагьимгун цадахъ батIи-батIиял росабалъе ва район тун къватIивеги рекъел -маслигIаталъе, зигараялъ ва гьоболлъухъ ахIараб бакIалдеги. Гьединго Ибрагьимгун цадахъ дун щвана Индиялдеги. Гьенибги гьес бихьизабуна жиндирго сабру бугеблъи, гьудулзабигун кидаго вукIунаан разиго, гьимулаго кIалъалаан гьезда. Гьелъ бихьизабулеб буго Ибрагьим вукIин рекIелъ чIухIи гьечIев гIадатияв инсанлъун. Сапаразда лъала гIадамасул хIал, амма Ибрагьим ватана гIажаибго батIияв чи. Рекъел – маслигIаталда бицунеб рагIиги цIодораб, гIакъилаб букIуна гьесул. Нухда унаго бицунеб гIемераб хабарги гьесул, гьоболлъухъ рорхунел тосталги гIакъилал гьесул. Амма гьесухъе гьоболлъухъ  щванани, огь, гьев ва гьесул лъади ГьитIине рохун толел куц! ЦIакъ гьобол- гьудул хириял чагIи руго Ибрагьимги ГьитIинеги.

   Россиялъул  конкурсазул хIасилазда рекъон Ибрагьим ккола «ЛъагIалил директор», «Халкъияв педагог» ва гьединго творческиял Педагогикаялъул академиялъул академик. Гьел цIарал ва шапакъатал Ибрагьимие щварал руго гьесул хIалтIул хIасилалда. Гьедин хIалтIулев чи вукIун Ибрагьимида божилъи гьабуна  районалъул лъай кьеялъул управлениялъе нухмалъи гьабизе. Гьеб  хIалтIиги гьес бачунеб буго жиндиего хасиятаб бажаригун, ритIухълъиялда ва жавабчилъиялда. Гьениве щваравго тIоцеве Ибрагьимица къачIана управлениялъул мина, чIезабуна хIалтIухъабазе кинабго хIажалъулебщинаб. Жакъа лъай кьеялъул отделалъул мина  жанире ине гъирабалеб хIалалда буго. Бихьулеб буго нухмалъулев  вукIин хIалтIи нухда бачине лъалевлъун.

    Ибрагьим гIадинав чиясул рахъалъ абула миллаталъулго чIухIийилан, халкъалъул яхIги-намусги борхатго цIунарав чиян. Инсанасе къимат кьола гьес гьабураб хIалтIухъ, нахъе тарал пайдаял ишазухъ балагьун. Гьеб рахъалъ гIемерал пайдаял ишалги лъикIал хIалтIабиги нахъе толев чи ккола МачIадаса ХIажиев  Ибрагьим Ибрагьимович.

     «Гвангъе, хадур рачIунезе нух гвангъун букIине», — гьале Ибрагьимил гIун бачIунеб гIелалдехъун бугеб ахIи.

   Исана Ибрагьимица тIубана гIумруялъул 75 сон. Гьеб гIемераб гьечIо гьединав, аскIове мурадалъ вачIарасухъ ракIбухIун гIенеккулев, кьураб рагIуе хилиплъуларев, кидаго хисулареб хасияталъул чиясе . ГIумруялъул соназул юбилейги ракI-ракIалъ баркун, бокьун буго унго-унгояв, рекIел вацлъун дида аскIов чIарав Ибрагьимие гьаризе чорхое кидагосеб сахлъи, гьесул рукъалъего рохел, талихI, аваданлъи. Унгеги дур гьурмалъа кидагосеб гIадамаздехун букIунеб гьими, гьуинго таги хъизан-лъималгун, Аллагьас кьурал сонал  сахлъиялда аги дур.                                                                     

 

Ибрагьимхалил ГIАЛИЕВ

 ТIидиб школалъул директор.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

39