Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

27.04.2017 09:07 Четверг
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Форум –«Предмашук».

17 апрелалда нилъер  районалда тIобитIана мугIрузул районазда гьоркьосеб гIолилазул форум –«Предмашук».

Г1олохъанлъи

  Форум –«Предмашук».

17 апрелалда нилъер  районалда тIобитIана мугIрузул районазда гьоркьосеб гIолилазул форум –«Предмашук».

Форум тIобитIизе нилъехъе рачIун рукIана Дагъистаналъул гIолилазул ишазул министерствоялъул отделалъул нухмалъулев, нилъер районцояв,  МухIамад Г1абдулаев ва рехсараб идараялъул хIалтIухъан ХизрихIажи МахIмудов.

Дагъистаналъул гIолилазул ишазул министерствоялъул ва нилъер районалъул администрациялъул  хIаракаталдалъун гIуцIараб гьеб форумалда гIахьаллъана Гъуниб, ЦIумада ва Шамиль районалъул нусгоялде гIагарун гIолилав.

Форум рагьана ва нухда бачана райадминистрациялъул гIолизул ишазул бетIерав специалист МухIамадрасул Хатиевас.

 Районалъул бетIерасул рахъалдасан форумалда гIахьаллъарал гIолилазе гьабулеб ишалъулъ тавпикъгун къуват гьарараб кIалъай гьабуна райсобраниялъул депутат, коррупциялда данде къеркьеялъул рахъалъ районалъул бетIерасул кумекчи МухIамад ХIамзатхIажиевас. Гьесго районалъул бетIерасул ва райадминистрациялъул рахъалдасан  баркана рагъулалгун-спортивиял хIаязул зоналиял къецазда кIиабилеб бакI ккураб ХIебда гьоркьохъеб школалъул мугIалим Юнус Юсуповас ругьун гьабулеб командаялда ва гьезул муг1алимасда.

Предмашук-форум тIобитIиялъул аслияб мурад рехсолаго, МухIамад ГIабдулаевас загьир гьабуна мугIрузул районазда ругел гIолилал батIи-батIиял гIолилазул форумазда ва хасгьабун «Машук-2017» -гранталъулаб форумалда гIахьаллъиялъе ругьун гьари бугилан абураб пикру.

 Гьединго тIаде рачIарал гьалбадерица форумалъул гIахьалчагIазе бицана гьаб соналъул октябрь моцIалда Сочи шагьаралда халкъазда гьоркьосеб гIолилазул фестиваль тIобитIизе букIиналъул. Бицана гьеб форумалда дунялалъул 150 пачалихъалдаса гIолилал гIахьаллъизе рукIиналъулги. Гьединго ХизрихIажи МахIмудовас бицана Дагъистаналдаса гьеб фестивалалда 150 чи гIахьаллъизе рес щвеялъул ва гьеб фестивалалде гIахьалчагIи тIаса рищиялъе ругел т1алабазул. 

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

20