Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ХIалтIул хIисабкьеял ва бегавулзабазе тIадкъаял

Автор: Гитинова П.Д
Отв.секретарь

31 марталъ райадминистрациялда тIобитIана росабазул бегавулзабазул иргадулаб данделъи. Аслиял суалалги рехсон, данделъи рагьана ва нухда бачана районалъул бетIерасул ишал тIуралев Камил МухIамадовас.

Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна районалъул прокурорасул заместитель ХI.ГIонжоловас, росдал бегавулзабаз ва цо-цо идарабазул нухмалъулез.

Цереккун хIисабалде росун рукIарал ракьазул ихтиярал чIезариялъул бицана ракьазул хал гьабиялъул райадминистрациялъул специалист МухIамад ГIумарасхIабовас.

Гьес кьурал баяназда рекъон, бищун лъикI жидерго хIалтIи тIубараллъун руго ТIидиб, Могьохъ, ГьентIа ва ГIурада росабазул бегавулзаби.

Гьединго, М. ГIумарасхIабовас ракьазул хIалтIаби гьарулаго дандчIвалел хасал суалал тIуразаризе бичIчIикьеял гьаруна. Гьесул рагIабазда рекъон, жакъасеб къоялде гIамм гьабун хIалтIул 9% тIубан буго.

Хадубккун, Камил МухIамадовас борхана ревакцинация гьабиялъул суал ва баянал гьаруна вакцинациялъул хIалтIуе гIуцIун бугеб комиссиялъ гьарурал хIалтIабазул. Гьесул рагIабазда рекъон, райбольницаялда жакъа къоялъ цониги коронавирусалъ унтарав чи гьечIо.

Районалъул бетIерасул ишал тIуралес бицана коммуналиял отходал нахъе раччиялъул, гьезда тIад хIалтIи гьабун зарал гьечIеблъун гьабиялъул ва мусор ракьулъ букъиялъул хIалтIул.

Данделъиялда Камил МухIамадовас бицана ДНР ва ЛНР республикабазе нилъер районалъ гьабураб гуманитарияб кумекалъулги. Гьеб лъикIлъиялъул акциялъе бакIарараб гIаммаб гIарцул къадаралъул ва хIалтIул хIасилалъул баянал кьуна.

Гьединго, гьес борхана суал районалда наркотикал хIалтIизариялде ва гьел тIиритIизариялде данде къеркьеялъе ва гьарулел ругел профилактикиял хIалтIабазул.

Районалъул ОМВДялъул рахъалдасан малъа-хъваялги къабул гьарун, рикIкIад ругел росабазул бегавулзабазе батIа тIун участковияб пункталъе бакI бихьизабизе тIадкъаял кьуна. Телефоназдаса гьабулеб бугеб мошенничествоялъул халкъалъухъе информация щвезабиялъул суалалги рорхана данделъиялда.

Райцентралда хадуб щибго хал гьечIого боцIи хьихьиялъул, гьелъул букIине кколеб жавабчилъиялъул ва гьеб суал роцIинабиялъул бицана ХIебда росдал бетIерасул заместитель ГIабдула КъурбангIалиевас.

Данделъиялъул ахиралда бицараб, низам гьечIого ХIебда росулъ гьабулеб бугеб даран-базаралъул суалалдасан хIукму гьабуна гIагараб заманалъ 2 палатка чIвазе мажгиталда аскIоб росабалъа рачIарал даранчагIазе санагIаталъе.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

7