Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

21.01.2022 15:51 Пятница
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

«Диналъул аслаби ва Аварагасул гIумру(с.гI.в.с.)» тIехьалдаса конкурс

Автор: Гитинова П.Д.
Отв.секретарь

Дагьал церегIан къояз Гьоор-Хьиндахъ росулъ «Диналъул аслаби ва МухIамад аварагасул (с.гI.в.с.) гIумру» абураб тIехьалдаса конкурс тIобитIана.

Къецазда гIахьаллъи гьабизе рес букIана бокьанщиназе, бихьинал, руччаби, гIисинал, чIахIиял батIалъи гьечIого. ЦIалдохъабазул ва цIикIкIаразул хIалтIабазе къимат кьолеб букIана батIа-батIаго. ГIолохъабазул мухъилъ къецазда жигараб гIахьаллъи гьабуна ригь аразги.

Конкурсалъул аслияб мурад букIана МухIамад аварагасул (с.гI.в.с.) гIумру лъазаби, гьесул суннатал цIуни ва талихIалъул кьучIлъун жиб кколеб Аварагасул (с.гI.в.с.) суннаталда хадур рилълъиналъул кIваралъул бичIчIи кьей. Баракатаб тадбир гIуцIана ва нухда бачана росдал имам МухIамад ГIабдулкъадировас. Конкурсалъул жюрилъун рукIана Бакълъухъ росдал имам ГIизудин ГьитIиножоев ва ХIебда росдал имам МухIамад ГIабдулгъафуров.

Къецазул хIасилал гьарун призалъулал бакIал щваразе кьуна баркалаялъул кагътал ва гIарцул сайгъатал.

ЛъикIал хIалтIабазе квербакъизе сахлъиги, къуватги, ресалги кьейги Аллагьас.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

31