Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

27.09.2019 12:35 Пятница
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Районалъ 90 сон тIубаялъул байрамалдаса Къокъго байрамалъул хIакъалъулъ

Автор: П. ГьитIинова
Главный редактор Газеты "Единство"

Нилъер район гIуцIун 90 сон тIубаялъул юбилей гIатIидго тIобитIана араб шамат къоялъ. РикIкIен гIемерал гьалбал данделъана 21 сентябралъул радалго районалъул администрациялъул азбаралъур.

Гьезда гъорлъ рукIана Дагъистаналъул тIалъиялъул вакилзаби, республикаялъул чIахIиял идарабазул нухмалъулел, мадугьалихъ ругел районазул бутIрул, Россиялда ва Дагъистаналда районалъул къадру борхинабулел, батIи-батIияб рахъалда тIадегIанал хъулухъазда ругел нилъер ракьцоял. Гьалбадерида ва нилъерго ракьцоязда гьоркьор гIемерав чи вачIун вукIана умумузул миллияб ратIлилъ. Гьелъ хасаб берцинлъи кьуна зурма-къолол гьаркьихъе Шамилил къватI ккун байрам тIобитIулеб майданалде унеб кIудияб къокъаялъе.

МахIмуд ГьитIиновасул цIаралда бугеб паркалда жанире лъугьунаго гьалбал хIикмалъулеб берцинлъи тIибитIун батана гьениб: щибаб росдал миллияб ратIлил, кверзул гьунаралъул, кванил нигIматазул хаслъи бихьулел азбаразда цере лъалхъулел рукIана районалъул нухмалъулелги хIурматиял гьалбалги.

Районалъул жамагIаталда баркун ва тIаде рачIарал гьалбазе баркалаги кьун тадбиралъул байбихьуда кIалъазе вахъана районалъул бетIер МухIамад ХIасанов. Къокъго районалъул тарихги, гьанир рахъарал хIурматалъе мустахIикъал гIадамалги ракIалде щвезарун, жакъасеб къоялъ социалиябгун экономикаялъул бугеб ахIвал-хIалалъул баян кьуна гьес.

Гьалбадерил рахъалдаса баркиялъул кIалъай байбихьана ДРялъул ХIукуматалъул председателасул заместитель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас. Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевас битIараб кагъатги цIалун, Шамил районалъ республикаялда кколеб бакIалъул, гьаниб бугеб хаслъиялъул, кIвар буссинабизе кколел рахъазул бицана Дагъистаналъул тIалъиялъул вакилас.

Жидерго пишацоясда ва тIолабго жамагIаталда юбилей баркизе цере рахъана Хунзахъ, ЛъаратIа,ЧIарада, Унсоколо, ГIахьвахъ, ЦIумада, ЦIунтIа, Казбек, БежтIа мухъазул бутIрул.

-МагIишат къватIиб гьабуниги мина-къай росулъ гIуцIеян аби буго нилъер умумузул, -ин байбихьана ОАО «Концерн КЭМЗ»алъул генералияв директор Ибрагьим АхIматIовас жиндирго кIалъай. Гьес абуна районалдаса рикIкIада ругониги умумузул ракьалъе пайдаял, бажари бугел гIолохъаби нилъер гIемер ругилан.

Гьесул рагIаби тасдикъ гьаруна хадурккун кIалъазе цере рахъарал медицинаялъул гIелмабазул докторал Расул Тинчаевас, МухIамад ХIамидовас, ДРялъул туризмалъул министр Расул Ибрагьимовас ва цоги машгьурал нилъер районцояз. КIалъазе цере рахъинчIониги тадбиралда гIахьаллъана районалъул гIумруялда жаниб жигараб гIахьаллъи гьабулел, хIажаталъуб кумекалъул квер ракьцоязе битIулел, бажари бугел районцоял.

Нилъер район кIодо гьабун байрамалда гIахьаллъана гIемерал хIурматиял гIадамал, республикаялъул жамгIиял гIуцIабазул нухмалъулел, машгьурал журналистал, творчествоялъул ва гIелмияб интеллигенциялъул вакилзаби. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул гIуцIиялъул нухмалъулев МухIамад АхIмадовгун баркиялъул калам гьабизе цере рахъана нилъер ракьцоял шагIирзабиги.

Баркиялъул каламалдаса хадуб жамагIаталъе баркалаги загьир гьабун кIалъазе яхъана Авар мацIалъул мугIалимзабазул ассоциациялъул нухмалъулей, «МагIарулай» журналалъул редактор Баху МухIидинова. Баркала гьелъ кьолеб букIана магIарулазул гIаммал мажлисазда, байрамазда, къецазда нилъер районалъул газеталъул коллективалъ, мугIалимзабаз, культураялъул махщелчагIаз гьабулеб жигараб гIахьаллъиялъухъ. ЧIагояб кIалъай букIана МухIамад Танкаевасул фондалъул нухмалъулев, жамгIияв хIаракатчи ХIасанхIусен ГIабдужалиловасул. Дагъистаналъул жамгIияб гIуцIиялъул рахъалдасан «БахIарчияй эбел» абураб меседил цIва кьуна 14 лъимер гIезабурай ГIалиасхIабил ПатIиматие. «ЧЕСТЬ И ГОРДОСТЬ ДАГЕСТАНА» шапакъат кьуна нилъер ракьцояй шагIир, Залму МухIамадовалъе. Районцоязда жиндирго къуват ва гьунар бихьизабуна «Книга рекордов Гинесса» тIехьалде восарав Зивуриса МухIамадхIабиб ГIисаевас.

Юбилеялъулаб тадбиралъул кIудияб бутIа ккуна культураялъул хIаракатчагIазул церерахъиназ. Гьезул мухъилъ рукIана Дагъистаналъул машгьурал кочIохъаби Мухсин Камалов, Загьидат Муслимова ва цогидал. Юбилеялъул программа нухда бачана ХIебда школалъул мугIалимзаби, «ЦОЛЪИ» казияталъул хIалтIухъаби Давуд Давудовас ва ПатIимат МухIамадовалъ.

Байрамалъул кIиабилеб бутIа букIана «АваргIор-гьудуллъиялъул гIор» фестивалалъул. Гьенир гIахьаллъана Дагъистаналъул 10 ялдасаги цIикIкIун районаздаса культураялъул ва искусствоялъул гьунарчагIи.

Юбилеялъул ва фестивалалъул программа бечед гьабуна Ростов областалъул Боковский районалдаса бачIараб «Православный Дон» ансамблялъул церерахъиналъ. Жидерго районалъул бетIерасул рахъалдасан баркиялъул кагъатги сайигъатги МухIамад ХIасановасухъе кьуна гьеб ансамблялъул нухмалъулев, РФялъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан Генадий Иванович Вечоркиница.

Киналго тIаде рачIарал гьалбадерица кIудияб баркалаги лъикIаб къиматги кьолеб букIана районалъул нухмалъулезе, байрам гIуцIаразе. Гьелдаго цадахъ гIемеразул ракIбакъвай букIана Шамил районалъул фольклоралъул бечелъи бихьизе щвечIолъиялъ.

Гьалбадерие бакI кьолаго нилъерго гьунаразул бечелъи рагIдукь хутIана.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

14