Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Роол бачIиналъул роцен кин бугеб?

Автор: Р. Абакарова

Ахиралде щолеб буго рии, чIороголъулел руго ахал, тIогьодасан руссун ракъвалел руго харибакIал, гIагарлъулеб буго хIалухъиналъул хIасил гьабулеб хасалихълъи. Кинаблъунха букIараб исанасеб роол бачIин?

Ахакь

Байбихьудасаго нилъ роххизаруна ахбазаналъул гьарзалъиялъ. Чанго соналъ жаниб лъураб захIматалъухъ хайир щвечIого рукIарал ахихъабиги разиго хутIана. Районалъул росдал магIишаталъул отделалдаса щвараб баяналда рекъон, 2 450 тонна тIаса бищараб нилъер бакъулаб пихъ, ай ахбазан ана улкаялъул чIахIиял шагьаразул базаразде. Гьай-гьай, киса-кибего цого къагIида букIинищха хайиралъул, лъикIаб хъулухъ щварал ахаз бачIинги лъикIаб кьуна, загIипаб хIалтIул бакIалда гьелда релъараб букIана.

БакIалъулаб пихъил нигIматал гьарулеб завод хIалтIулеб гьечIониги жидерго бачIин гIадада хвезе течIо халкъалъ. Бакъвазабун, компот-мурапаялде буссинабун, лъикIаб нахърател гьабуна хасалоялде.

Гьединго, исана районцоязе рес буго бакIалъулал тукабахъа нилъерго ракьалда бижараб гени-гIеч босизеги.

ХарибакIазда

ХарибакIазул бицани- магIарухъ гьенир рецарулезул гьарзалъи гьечIин абизе бегьила. «Хер беци модаялдаса ана»- ян релъанхъулел руго ясал. Гьебги пашманаб хIужжа буго. МагIарухъ хур-хералъул хIалтIи дагьлъарабгIан цIикIкIунел ругелъул гIузруялъ ккурал руччаби.

БоцIи-хIайван хьихьулезгийин абуни, бичун босулеб буго лъарагIлъуда гIезабураб хер.

ГIатIиракьалда ругел нилъер магIишатаздаян абуни хер бециялъул завал тIадбан унеб буго. Гьеб рахъалъ тIокIлъи бихьизабун буго М. ХIасановасул цIаралда бугеб (къелдерил лъабго росдае гIахьалаб) магIишаталъ. Гьанжеялде гьез хIадурун буго 250 ялдасаги цIикIкIун рагIи-хералъул. ГIезегIанго сонал руго гьеб магIишат районалдаго мисалияб хIасилалда хIалтIулаго.

Гъутабазда ругел магIишатаздаса хасалоялде хъачIаб рагIи-хералъул 180 тонна хIадурун буго ругъелдисезул магIишаталъ, Бакълъухъ-100 тонна, Гьандихъ-80, ТIаса Бакълъухъ- 80 тонна, ГIурада-60.

ГьабсагIат гъутабазда бецулеб буго кIиабилеб нухалъ бижараб люцерна. ЛъикIаб хIасил буго хер гIезабулел авлахъал лъалъазе рес бугезул, гьелъие гIамал гьабуразул

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

3