Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

31.08.2019 15:45 Суббота
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Муг1алимзабазул кIудияб мажлис

Автор: П.МухIамадова

28 августалда Х1ебда Маданияталъул кIалгIаялда араб цIалул соналъул хIасилал гьаризе ва цIиялде гIужалгун ишанал лъезе данделъун рукIана тIолго районалъул мугIалимзаби ва лъайкьеялъул бутIаялда хIалтIулелщинал. Иргадулаб мугIалимзабазул данделъи рагьана ва нухда бачана районалъул бетIер МухIамад ХIасановас.

Исана соналда жаниб лъайкьеялъул идарабазда гьарурал хиса-басиязде, цIиял тIалабазда рекъон гьарурал ремонтазде кIвар кьуна жиндирго кIалъаялда районалъул бетIерас. Гьес бицана федералиял программаби рагIалде рахъинаризе районалъул нухмалъулез гьабулеб бугеб хIалтIул ва кIвар буссинабуна хIисабалде росарал масъалабиги гIемерал рукIиналде.

Хадубккун цIакъ берцинаб церерахъин хIадурун бугоан ХIебда гьоркьохъеб школалъул лъималаз. Гьезул эркенал кучIдуз, г баркиялъул кIалъаяз рекIеда асар лъугьинабуна щивав залалда гIодов чIарасул.

Лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулев Ибрагьим ХIажиевас «Районалъул лъайкьеялъул бутIа цIикIкIараб даражаялде бахинабиялъе стратегия ва яшавалде рахъинаризе тIадал масъалаби» ян абураб доклад гIуцIун букIана цебесеб соналъул лъикIалги, загIипалги хIасилал хIисабалде росун. МухIканаб баян кьуна Ибрагьим ХIажиевас 2018-2019 цIалул соналъ гьабураб хIалтIул, олимпиадабигун конкурсазул, ЕГЭ, ОГЭ ва ВПРазул хIасилазул бицана. Гьединго щивав мугIалимасул церетIеял рехсана.

Лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулесул доклад кьезе буго хадубккун газеталъул гьурмазда.

«Земский учитель» абураб программаялда рекъон грантги щун, нилъер районалде ячIарай цIияй ингилис мацIалъул мугIалим Хадижат Дадаевалъе рес кьуна баркигун кIалъазе рагIи .

Районалъул мугIалимзабазе ва тарбиячагIазе насихIатгун гьари гьабуна Шамил районалда Муфтияталъул лъайкьеялъул отделалъул вакил МухIамадрашид МухIамадовас.

Пишацоязда цIияб цIалул сон баркун кIалъазе рес кьуна батIи-батIиял школазул цересел кьерда ругел мугIалимзабазе: ХIебда школалъул завуч Салимат МухIамадовалъе, Лъахъ школалъул директор Ильясхан ГьитIиновасе, «Воспитатель года » абураб конкурсалда бергьенлъи босарай Гьоориб ясли-ахалъул воспитатель ПатIимат Пахрудиновалъе.

Данделъиялъул ахиралда конкурсазул ва олимпиадабазул республикаялда цIалдохъабаз бергьенлъаби росарал мугIалимзабазе кьуна гIарцулал шапакъатал.

Районалъ 90 сон баялде администрациялъул цIаралдаса грамотаби кьуна тарбия-лъай кьеялъулъ лъикIал хIасилал рихьизарурал мугIалимзабазе.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

6