Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

20.08.2019 11:07 Вторник
Категории (2):
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

РакIал журараб дандчIвай

Автор: Давуд Давудов

Пачалихъалъ чIезабураб харабазул къо 1 октябралда бараб букIунаро магIарухъ ригь арал гIадамаздехун бугеб адаб загьир гьабизе. Хасго гьеб рахъалъ къелдерил жамагIаталъ жигарги бахъула. Щибаб санайил, хасалил сардаз цIикIкIарал чагIазухъе сапар бухьун, культураялъул гьунарчагIиги цадахъ рачун гьезие цIадахъруссен гIуцIула къелдерил росабазул администрациялъ. Гьединго гIадатлъун лъугьун буго щибаб щуго соналда жаниб анлъабго росдал захIматалъул ветеранал тIабигIаталда хIухьбахъиги гIуцIун гьенире рачине.

Исана 8 августалъул къоялъги, Ругъелда администрациялъул бегавул ГьитIиномухIамад ГьитIинамухIамадовас ва гьесул заместитель ГIалиасхIаб МухIамадовас нахъойги къелдерил хараби данде гьаруна.

Къелдерил тIолабго жаниблъи цебелъураб байданалда хIадурун букIана тепси-сурпаялъе, хIухьбахъиялъе къваригIарабщинаб. Исанасеб гьеб тадбиралде вачIун вукIана хIурматияб ригьалде вахарав 20 чи. Гьезие баркалаялъул калам, хIурмат, хъулухъ гьабизе рачIун рукIана райсобраниялъул, росдал советалъул депутатал, магIарухъ ва шагьаразда батIи-батIиял хъулухъазда ругел гIолохъаби, анлъабго росдал культураялъул хIалтIухъаби. Тадбиралъул байбихьуда дугIа-альхIамги гьабун, ракIалде щвезаруна цереса арал умумул, бацIцIадаб, хIалалаб пишаялда араб гьезул захIматаб яшав. Исанасеб гьеб тадбиралда гIахьаллъана рагъда хадусел соназ хIалихъе Чачаналде гочинарурал, гьанже Гъизилюрт районалъул Стальское росулъ яшав гьабун ругел къелдерил харабазул вакил Зубаир.

Гьел тадбиразул пайда бугеб рахълъун буго батIи-батIиял пачалихъалъул идарабазда хIалтIарал къелдерил росабалъ ругел гIадамал цолъизари, гьез нахъа тараб захIматалъул бицун бачIунеб гIелалъе тарбия щвей.

-ГIажаибго ракI жубараб, асар гьабулеб дандчIвай лъугьана исанаги,- ян абуна гьеб тадбиралъул бицунаго къелдерил бегавул Гь. ГьитIиномухIамадовас,- Сон арабгIан цIикIкIун бичIчIулеб буго нилъеда магIарухъ захIматаб бетIербахъиялда гIумру тIамурал харабазул къимат. КIудияб разилъи букIана жалго харабазулги. Баркала буго «Ругъелда» СПКялъул нухмалъулезе, гьез цIияб гьанадалъун хьезаруна. Гьединго жигараб гIахьаллъи гьабуна магIарухъго ругел ва эхесан рачIарал нижерго гIолохъабазги.

-Гьединал байрамал тIоритIи кидаго гъираяб хIалтIилъун букIана нижее. Гьединал тадбиразе биччалеб гIарцулаб къадар тIадеялдаса тIаде дагьлъулеб бугониги, росдал администрациялъул сурсатаздалъун харабазул ракI разияб, баракатаб хIухьбахъи лъугьуна щибаб нухалъ. ГIемерги захIматал гIумрудул сонал нахъе тана нилъер цIикIкIараз. Гьел ккола росдал тарих лъалел, гьелъулъ жидер жигараб гIахьаллъи гьабурал, ракIал рагьараб ва аваданаб заманалъул нугIзал,- ян абуна харабазулгун дандчIвалеб къоялъул бугеб кIваралъул бицунаго, къелдерил росабазул бетIерасул заместитель ГIалиасхIаб МухIамадовас.

«Хараби ккола жидер баракатги гIемерал,бокьараб ишалъулъ хIалбихьиги, гIакълуги бугел адаб-хIурмат цIикIкIараб гIел. Гьезда бихьана гIумру, захIмат. Лъималазе тарбия кьолаго, гьезие хIажатаб гьабулаго ун батана гIумру. Гьезул захIматалъулъ тIегьан бачIараб ккола нилъер эркенлъиги. Харабазул адаб гьабизе тIадаб буго нилъер щивасда»-ян абуна кIалъазе рахъараз. ЦохIо кванил нигIматазул хIалбихьун рукIинчIо къелдерил хараби. Росабазул культураялъул рукъалъул хIалтIухъабаз хIадурун букIана умумузул заман ракIалде щвезабулеб кечI-бакъаналъул, бечедаб программа.

Данделъиялда хIукму гьабуна гьединал тадбирал цIикIкIинаризе. Росдал харабиги гьенир гIахьаллъаралги тадбиралдаса разиго хутIана.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

7