Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

20.08.2019 11:09 Вторник
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Лъим хазе лъай - гIолилазе тIокIлъи

Автор: П.МухIамадова

Лъималазул сахлъи цIунигун хIухьбахъиялъул «Радость» лагералда 10 августалда тIобитIана лъим хаялъул турнир МухIамад МухIамадаминовасул призалъе. ЛъебергогIанисев чи гIахьаллъарал къецал гIуцIун рукIана физкультурникасул къоялде.

Исана кIиабилеб соналъ тIобитIараб турниралъул цIех-рех гьабидал М. МухIамадаминовасул вас МухIамадица бицана нижеда къецазул аслияб мурад- гIун бачIунеб гIелалъулъ спорталде ва сахлъи цIуниялдехун рокьи куцай бугин. – Бокьун букIана инсул цIаралда турнир гIуцIизе. ТIоцебе гьединаб пикру ккейдал дица гьеб дандбана «Шамил районалъул гIолилал» абураб жамгIияб гIуцIиялъул цевехъан Суракъат Вагьабиловасда. Хасго нилъер лъималазе цIияблъун кколеб спорталде кIвар буссинабиялдалъун ва лагералда санагIалъиги киналго шартIалги рукIиналдалъун, лъим хаялъул къецал гIуцIизе цадахъаб пикруялде рачIана,-ян бицана МухIамадица.

Турниралъул хIурматияв гьоболлъун вукIана 2004 соналъул Олимпиадаялъул гIацулав призер МухIамад Ибрагьимов. Гьединго официалияб бутIаялда гIахьаллъи гьабуна райадминистрациялъул вакилзабаз ва жамгIиял церехъабаз.

КIиго категориялде рикьун рукIарал гIахьалчагIаз лъикIал хIасилал рихьизаруна. ГIисиназул категориялда тIоцебесеб бакI щвана Гьолокь росулъа Халидша Халидшаевасе. ЧIахIиязда гьоркьоб бергьенлъи босана МухIамад Халидшаевас.

Киналго бергьенлъи босаразе медалалгун кубокал ва гIарцулал шапакъатал кьуна турниралъул ахиралда.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

3