Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

02.07.2019 15:36 Вторник
Категории (2):
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

КIочонарел цIарал Унго-унгояв магIарулав, сахав инсан

Шамилил районалда гIемер рукIана ва руго халкъ жидедасаго чIухIарал гIалимзаби, багьадурзаби, гIакъилзаби ва батIи-батIияб махщел гьунаралъул машгьурал гIадамал.

Гьел цIар рагIарал гIадамазда гьоркьоб, киналго магIарулал жиндаса чIухIулеб, 50 соналъ ТIидиб гьоркьохъеб школалъе нухмалъи гьабурав Ибрагьимхалилил хIакъалъулъ цо дагьал рагIаби хъвазе бокьун буго дие.

Цебесеб кици буго: рухIияб бечелъи бугила нилъехъа бахъизе кIолареб жо. Гьединаб жо ккола инсанасда бугеб гIакълуги, лъайги. ТIидиб школалъеги лъималазеги кьуна Ибрагьимхалилица жиндирго гIумро. Гьедин хIалтIизе ккани инсанасе цIакъго рокьизе ккола лъимал, росу ва росдал жамагIат.

ТIидиб школа лъугIарал цIалдохъабазул рахъана Шамилил районги, Дагъистанги, Россияги чIухIарал специалистал.

БатIияса букIине ресги букIинчIо Ибрагьимхалил гIадав, унго-унгояв магIарулас, сахав инсанас бергьараб гьунаралъул учителас нухмалъи гьабулеб школалда.

Гьесул букIана кIудияб къимат росулъги, районалдаги, Дагъистаналдаги:

Ибрагьимхалил вищун вукIана обкомалъул членлъун, доб заманалда гьеб букIана Верховный Советалъул депутатлъиялдаса, щайгурелъул Дагъистаналъул бетIер вищулаан обкомалъул членаз.

Районалде рачIарал партиялъулги, хIукуматалъулги нухмалъулезе бокьулаан ТIидиб школа бахъизе. Нухмалъулел рачIаниги, учительзаби ва бокьарав гьобол вачIаниги Ибрагьимхалилица гIадин гьобол кьабул гьавизе гьунар бугев чи къанагIатги вукIинчIо. Гьес кIудияб рохел загьир гьабулаан, вачIарав чиясда кколаан жиндихъ балагьун чIун вукIарав гIадин.

Хунзахъ гIагарал чагIи данделъараб бакIалда 55 соналъ мугIалимлъун хIалтIулей йигей, киназего къимат-къадру бугей Атаева Жапаратица бицуна ТIидиб школалде щвеялъул. Кинабго бихьараб мехалъ ракIалде кканила жиндир талихI букIарабани жий гьаний гьаюн ятилаанин.

Дир рес ккун букIана Ибрагьимхалилгун дандчIван гьесда бицине, кьураб кIудияб кьиматалъул. ТIокIаб кIудияб къимат дида лъаларо, жив-живасе вижараб росу цIакъ хирияб бакI бугелъул.

Ибрагьимхалил кинаб гIаданлъиялъул чияли цоги гьитIинаб мисал: Хунзахъа гьобол МахIмудов МухIаммад щун вуго Суракъатил турниралде васги вачун. Турнир лъугIарабго Ибрагьимхалилица кафеялде рачун руго кваназе, кафеялда ругелщинал тIаде рахъанила Ибрагьимхалил вачIингун, гьесул адаб гьабун.

МухIаммадил вас турниралдаги къун настроение хун вукIанила. Ибрагьимхалилица кьун буго тIоцебесеб бакI ккурасе гIадаб гIарцул приз. Хадусеб нухалъ мун бергьунин абун вохизе гьавун вуго гьитIинав чи.

Ибрагьимхалил гьудул-гьалмагъзаби гIемерав чи вукIана. Институталда цIалулеб мехалъ, студентас бищун къимат гьабулев, гIамал лъикIав, къадруяв чи вукIанин бицунаан цадахъ цIалулев вукIарав жиндир мунагьал чураяв Хунзахъа Гаджиев ГIабдулхаликъица.

Совет ХIукуматалъул посольствоялда ООНалъул кIиабилев секретарлъунги хIалтIун нахъвуссингун хъварал мемуарал тIоцере ритIун рукIана Ибрагьимхалие. Мемуарал рукIана цIакъ гъваридал, ГIабдухаликъ вукIана Россиялдаго лъалев полковник (СВР) разведкаялъул.

Ибрагьимхалилида сверун ругел киналго рукIана цIакъ бажари бугел, яхI-намус цIикIкIарал, гьунар бугел гIадамал.

Киназго мисал босулел школалги гIуцIун Ибрагьимхалилица нилъ тана гIелмуялъулги лъаялъулги лъугIи гьечIеб ахикь.

Районалдаго лъалеб цойги букIана Ибрагьимхалил цIакъ къанагIатаб ва гьечIого гIолареб, амма цIакъ захIматаб гьунар. Гьев вукIана унго-унгояв дипломат. Район тун къватIивеги ахIулаан гьев маслигIат гьабизе. Гьесухъ киналго гIенеккулаан, вацIцIадав, гIадамал хирияв, тIекъаб жо бокьуларев чи вукIиналъ.

Ибрагьимхалил цIакъав вукIана рохел гIемер гьабизе, къварилъи бикьизе, гьеб бигьа гьабизе. Нилъеца киназго ва гIун бачIунеб гIелалъ мисал босизе вижарав инсан вукIана.

ТIидиб школалда вахъана Дагъистаналдаса тIоцевесев «Учитель-года» Россиялъул Ахбердило Ахбердилов. КIудияб баркала буго, бергьараб хIалтIухъ ва Ибрагьимхалилил хIакъалъулъ хъвараб тIехьалъухъ.

Ибрагьимхалилил хIакъалъулъ хъвазеги бицинеги гIемераб жо буго.

Дида ракIалде ккола гьев ракIалдещвеялъул данделъаби гIезегIан рукIинин росулъги ва районалдаги.

Ибрагьимхалилил гIадав магIаруласул хIакъалъулъ поэтесса Майсарат МухIамадовалъ хъван руго гьадинал рагIаби:

«ЦIар бугеб кьолбода кьурараб месед,

Ракьулъ букьунилан къимат холебищ?

Къарнабазе нахъе цо цIар гуребги,

ЦIар араб намусги тун буго дуца..»

Хунзахъа АхIмадов Халилбег

КПССалъул Советский (с) райкомалъул 1 секретарьлъун хIалтIарав,

Шамил районалъул хIурматияв гражданин

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

5