Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

28.03.2019 13:52 Четверг
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ХIалтIулъ тасамахIлъи биччазе бегьуларо

Автор: Давуд Давудов

Щивав инсан вижун вуго цIализе, хIалтIизе, жидерго лъай ва хIалбихьи цояс цоясухъе кьун тIибитIизабизе. Щивав инсанасе бокьула жив цIалулеб, хIалтIулеб бакI берцинаб, бацIцIадаб, санагIалъаби цIикIкIараб букIине. Гьел киналго шартIал гIуцIун руго республикаялда тIобитIараб «100 школа» проекталда гIахьаллъараб Гьолокь гьоркьохъеб школалда.

19 марталъ Гьолокь тIобитIана школазул нухмалъулезул данделъи. Гьенире ахIун рукIана аслиял, гьоркьохъел школазул директорзаби ва лъайкьеялъул отделалъул жавабиял хIалтIухъаби.

Квачараб, кьерхараб ихдалил къо бугониги, школалда гьабураб хIалтIудаса киназулго рекIелъ разилъи рещтIун букIана. КъватIисаги жанисаги гьабураб хIалтIул хал-шал гьабурабго, киналго ракIарана данделъиялде. Данделъи рагьана ва нухда бачана районалъул лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулев Ибрагьим ХIажиевас. Данделъиялде росарал суалазул къокъаб баянги кьун Ибрагьим ХIажиевас кIалъазе рагIи кьуна Гьолокь школалъул директор ГIалихан ХIажимухIамадовасе.

«1958 соналда бараб школалда киданиги кьучIдасанго ремонт гьабун букIинчIо. «100 школа» проекталда гIахьаллъиялъ нижее кIудияб кумек ккана. Гьаниб букIараб хIал бихьарасда гурони лъаларо тIаде гьарурал хиса-басиял. Дун школалъул нухмалъулевлъун вуго лъагIелалдаса цIикIкIун, гьелъ дир хIаракаталда ремонт гьабунин абизе кIоларо. КIудияб кумек щвана райадминистрациялдаса, бюджеталдаса нижее щвана 2 миллион гъурущ, республикаялдаса 2 миллион ва спонсоразул рахъалдаса 1 миллион гъурущ. Школа цIигьабун къачIаялъе бажарараб кумек гьабуна кIвахI рехун хIалтIараб дир коллективалъ. Берцинго къачIараб школалдехун бербалагьи ва цIалуде гъира цIалдохъабазулги цIикIкIана»-ян баян гьабуна гьес.

Исана соналъ гьеб проекталда гIахьаллъизе материал хIадурулеб буго ГIурада, ТIелекь ва Ругъелда школаз. ГIуриб кьучIдасанго цIияб школа базе документал хIадурулел руго.

Гьединго данделъиялде босун букIана школал цIа ккеялдаса цIуна-къаялъул суал. Гьелъул хIакъалъулъ кьучIаб баян гьабуна нилъер районалъул цIа ккеялдаса цIуниялъул кIудияв инспектор Мурад ХIамзатовас.

Хадусеб суал хурхараб букIана Микьигьориб аслияб школалда исана гьабураб халгьабиялда хурхун. Лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулесул заместитель Иляс ХIусеновас гьелъул хIасил гьабуна. Рихьизаруна ратарал гIунгутIаби ва гьелда тIад гьабулеб хIалтIи, гьединго цоги школаз хIалтIизаризе бегьулел лъикIал рахъалги мисалалъе рачана.

«Апрель моцIалъ 4-6 классазда байбихьула ТIолгороссиялъул халгьабиялъул хIалтIи (ВПР), 20 абилеб марталдаса нахъе цересел саназ школа лъугIараз ва 25маялдаса хадуб ЕГЭ ва ОГЭ кьолел болжал. Гьел тадбиразе киналго школал мухIканго хIадурлъизе ккола. Гьенир рихьизарурал цIалул даражаялъул хIасилазул жавабчилъи директорзабазда букIуна. Гьединго директорзабаздаса тIалаб гьабизе буго ВПР,ОГЭ,ЕГЭязда гIахьаллъулел организаторазул ракIбацIцIадаб хIалтIи» -ян лъазабуна Иляс ХIусеновас.

Риидалил каникулаз хIухьбахъиялъул лагеразде ритIулел лъималазул къадар, школазда медицинаялъул кабинетал, шартIал ругел хIажатханаби чIезариялъул суалазда хурхун кIалъай гьабуна лъайкьеялъул отделалъул жавабияв хIалтIухъан МухIамад Къебедовас. «Нилъер районалда хIалтIулеб буго Хучада, ГIасаб, Къваниб, КъахIиб росабалъ ункъго лагерь. Цересел саназ, рихьизарурал болжалазда къваригIунел документал ракIаричIолъиялъ гIемерисел лъимал лагеразде инчIого хутIана. Пачалихъалъ рихьизарурал санагIалъабаздаса пайда босиялъул хIакъалъулъ эбел-эменгун бичIчIи кьеялъул хIалтIи гьабизе ккола гьанжего. ЦIияб цIалул сон байбихьилалде медкабинетазул ва хIажатханабазул хIалтIи лъугIун букIине ккола», — ян бицана гьес.

Данделъиялъул хIасилалда цере лъурал масъалаби тIуразариялъе тIадкъаялги кьун, Ибрагьим ХIажиевас баркала кьуна Гьолокь школалъул директорасе ва тIолабго коллективалъе.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

1