Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

02.03.2017 15:36 Четверг
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Районалъул нухмалъулел жамагIаталъул тIалабалда. ХIебда

Автор: МухIамад ГIУМАРАСХIАБОВ
Ответственный секретарь МБУ "Информационный центр" Шамильского района

Жидерго хасаб планалда рекъон 28 февралалда районалъул нухмалъулел дандчIвана ХIебда  росдал жамагIатгун. 

Жидерго хасаб планалда рекъон 28 февралалда районалъул нухмалъулел дандчIвана ХIебда  росдал жамагIатгун.

Районалъул бетIер МухIамад ХIасановгун цадахъ гьенир гIахьаллъана районалъул прокурор И. ИсмагIилов, полициялъул отделалъул нухмалъулев И. ГIалиев, районалъул имам М. ХIамзатов ва цогидалги идарабазул нухмалъулел.

 Собраниялъул председательлъун  районалъул бетIер МухIамад ХIасанов ва секретарьлъун ХIебда школалъул учительница ПатIимат Хизроеваги рищун, байбихьана данделъи.

 ДандчIвай тIобитIиялъул аслияб мурадги бицун, районалъул бетIерас араб соналда  гьабураб хIалтIул жамагIаталъе хIисаб кьеялъулаб кIалъай гьабизе рагIи кьуна ХIебда росдал бегавул МухIамад МухIамадовасе.

Гьес жиндирго кIалъаялда хIисаб кьуна районалъул бюджеталдаса кигIан гIарац ХIебда росдае араб соналда биччан букIараб ва кинал хIалтIаби гьеб гIарцуде гьаруралали. Хасаб тIадчIей гьабун бицана администрациялъул хIалтIухъабаз росулъ гьекъолеб лъим чIезабиялъе, рацIцIа-ракъалъи цIуниялъе  гьабураб хIалтIиялъул. Районалъул бетIерасда гьарана росулъ жаниб лъим бачарал 400 метралде гIагарун басралъарал маххул трубаби хисиялъеги, футбол хIазе майдан хIадуризе бакIалъеги кумек.  Гьединго бегавулас хIебдасезул жамагIат ахIана росулъ гьабулеб кинабго гIаммаб хIалтIулъ жигараб гIахьаллъи гьабизеги.

 Школалъул завуч ПатIимат Рамазановалъ борхана районалдаго бищун цIикIкIун лъимал жанир цIалулел рукIинги хIисабалде босун, ХIебда школалъе цIияб мина баялъе квербакъи.

Гьединго жамагIатчагIаз рорхана Шамилил цIар кьураб къотIносан  С.Асиятиловасул къотIнобе бакI бакIалдасан нухал теялъул, военкоматалдаса МФЦялъул минаялде щвезегIан  нухда хъил тIеялъул, токалъул къуват гIунгутIиялъул суалал.

Хъил тIеялъул суалалъе жавабалъе районалъул бетIерас абуна гьелъие ресал ратизарилин. Борхана  гIурул рагIалда, лъабтIалаяб мина бугеб авалалда, дамба гьабиялъул суалги. Районалъул бетIерас абуна, гьеб суал хасаб тIалабалде босун бугилан ва гIоралъул чваххи хисизабизелъун ункъгониги къоялъ экскаваторги бачун хIалтIи гьабуниланги. Гьединго бицана гьеб суал республикаялъул министерствоялъул даражаялда гьоркьоб лъезе живго ун вукIиналъулги.

Росулъ токалъул къуват гIунгутIиялъул суалалъе жаваб кьураб кIалъай гьабуна токалъул мухъазул идараялъул нухмалъулев Ибрагьим Ибрагьимовас.

-Жакъа къоялда жаниб ХIебда росу ккола бищунго цIикIкIун ток бухIулеб росу. ТIолабго районалъ араб моцIалда I2 миллион киловатт токалъул бухIун батани, ХIебда росулъе нижеца кьун буго 3 миллион киловатт. Киналго гьаризесел хIалтIабазул хадургъей нижер гьечIо. 71 процент къватIибе кьураб токалъул тIадбуссун нижехъе щвечIониги, ток гьечIого росаби тезеги гьечIо.

Гьединго борхана ХIебда ругел  гIаммал хIажатханаби цIигьаризе, къачIазе ккараб хIалалда рукIиналъул суал.

 Гьенирго цо-цо хIебдасез рорхана жиде-жидер авалазда канализациялъул магIна биххиялда, рацIцIалъи цIунулеб гьечIолъиялда хурхарал суалалги.

 Районалъул бетIерас абуна гьел суалал тIураялъул мурадалда хасаб комиссия гIуцIизе бугилан, щивав щибаб авалалда ругел тукабазул, рукъзабазул хважаиназдаса рацIцIалъи цIуни  тIалаб гьабизе бугилан. Комиссиялда тIубан бажаричIони, полициялъул ва прокуратураялъул тIалабалде кьезе, квал-квал гьабулел, жамагIаталъул тIалабалда данде чIаразул минаби законалда рекъон риххизе ккани риххизеги ругилан. Гьединго МухIамад ХIасановас абуна, гьаб хIалтIул аслияб мурад инсан къварид гьави, гьесие квал-квал гьаби гуреб, законалъул ва исламалъул тIалабалда рекъон росулъ рацIцIалъи ва гIадлу-низам цIуни бугилан.

Гьеб суал кинаб къагIидаялъ тIубазе рес бугебали баян кьолеб букIана районалъул прокурор ИсмагIил ИсмагIиловасул кIалъай.

Ясли-ахалъул хIалтIухъабаз борхана дунял хинлъарабго, цIияб гьаваялда гьитIичал хIазе рагьараб бакI гьабизе хIажалъи букIиналъул суал.

Насосалъ лъим кьабун ва къватIазда ракарал чирахъаз бухIун  токалъухъ кьезе 300 азаргоялдасаги цIикIкIун гъурущалъул налъи бугин администрациялда хадубин росдал бетIер МухIамад МухIамадовас бициндал, жамагIатчагIаз, киналго разилъун, щибаб моцIалъе магIишат-рукъ рикIкIун  100 гъурущ кьезе хIукму гьабуна.

Гьединго данделъиялда борхана райцентралде цIияб лъим бахъизе квербакъизе Дагъистаналъул бетIерас араб соналъ рагIи кьун букIиналъул. Сунда бан гьеб  хIалтIи рагIалде бахъинчIого хутIун бугебан абураб суалалъеги жаваб кьуна районалъул бетIер М. ХIасановас: -Лъим бахъиялъул проект букIине кколеб буго микьго томалдасан гIуцIараб. Дун хIалтIуде вачIинегIан гьеб проекталъул цо том гурони гьабун рагIалде бахъун батичIо. Жакъа къоялде проект гьабун рагIалде бахъун буго, гьелъухъ кколеб гIарацги рехун буго, федералияб программаялда гьоркьобеги бачун, лъим бахъизе рагIиги кьун буго. Гьезул рагIиги хвеларин, хIалтIаби кватIичIого байбихьилин хьулги буго.

 Районалъул имам МухIамад ХIамзатовасул кIалъай букIана рацIцIа-ракъалъиялде кинаб кIвар исламалъ кьолебали рагьараб. Гьес къуръаналъул аятаздалъун, аварагасул хIадисазул мисалаздалъун бицана бусурманчияс жиндирго ракIги, черхги, мина-къайиги, жив жанив вугеб росуги рацIцIалъиялда цIунизе ккеялъул.

-РацIцIалъи –гьеб иманалъул бащалъи ккола. Бусурманчиясе зарал гьабулеб жо нухдаса нахъе рехиги иманалъул бищунго гIодобегIанаб даражаялдасан ккола. Нужецаго хал гьабеха, кинаб даражаялъул иман нилъелъ бугебали, нилъер къватIазухъги, нилъер гIурул рагIаллъабазухъги, росабазда рацIцIалъи цIуниялде кьолареб кIваралъухъги балагьун ?

Гьединго районалъул имамас бицана исламалда жаниб гIаммаб халкъалъ жидедаса пайда босулел нухал, кьоял, иццал къачIаялде кьолеб кIваралъул, гьелъухъ дунялалъул ва ахираталъул рокъоб батулеб даражаялъул.

ЖамагIатчагIазул хасаб кIвар буссинабуна гIун бачIунеб гIелалъе исламияб тарбия кьезе ккеялде, лъималазда диналъул аслаби малъиялде кIвар кьезе ккеялде.

Данделъиялъе ахир лъолаго гьадинаб кIалъай гьабуна  районалъул бетIерас:

- Нилъее киназего тавпикъ кьеги нилъер камилал гIалимзабаз бицаралда нахърилълъине. Дида ккола нилъер районалъул имамас жакъа къоялда нилъее бищунго кIвар бугеб кIудияб масъала борханилан. Нилъеда цере чIарал масъалаби чIахIиял руго. Гьел киналго циндаго тIуранги бажаруларо. ХIебда росу буго жаниб бищун цIикIкIун жамагIатги бугеб, районалъулго гьумер гIадаб росу. ЛъикI букIинаан районалъул гьумер-архитектурияб берцинлъи цIуниялъул мурадалда тукаби, минаби, азбаразул къадал цоцада релълъун, берцинго гьаруни. Гьединго жамагIаталда лъазе ккола хасаб изну-кагъат ва цогидалги юридикиял документал гьечIеб ракьалда тIад мина яги цоги бакI базе гьукъараб букIинги.  Мина базе байбихьилалде, ракьалъул документ ва тIад балеб минаялъе администрациялъул хIукму ва хIажатал документал рукIинаре кодор, хадуб бичIчIунгутIи , квал-квалал ккечIого рукIине. ГьанжегIаги ругьунлъизе заман щун буго нилъее законал цIунизе. Райцентралъул кIиябго аслияб къотIноб анкьидаса цIикIкIун заманалъ стройматериал тезе бегьиларо гIадамазе квал-квалги гьабун. 

Нилъ, бусурбаби, намуслъизе ккела нилъерго хIажатханаби кIкIалабахъан гъоркье гIадамал хьвадулеб нухде риччазе. Гьенибего балеб буго мусорги. Законалдаса, прокуратура-судалде ахIараб мехалъ,  хIинкъула нилъ. Нилъ Аллагьасдаса кин хIинкъуларел? Гьеб гурищ нилъеда гIалимзабаз малъулебги, гьелде гурищ нилъ исламияб диналъ  ахIулелги? Хадубги, нилъеда лъала жакъа къоялда нилъер росулъ лъадал бугеб масъала. Цоязул трубаби рихъун, цогидазул кранал хун, лъабабилез чIалгIаде биччан тун, нухазде гIодобе чваххулеб букIуна нилъер лъим. Гьелъулги гIадлу гьабизе ккела. Анкьида жаниб цо къо яги моцIрое кIиго къо чIезабизе ккела лъадал мухъазул  ремонтал гьариялъе, гьелъиеги жамагIаталъ хIукму гьабизе ккела, хIукмуялда нахъ тIолабго жамагIатги билълъине ккела. Рищни-къул балел къалал лъеялъе администрациялъ гьабун хIукмугун хасал бакIал рихьизарун руго.Гьединго къватIазда лъезе руго гIисинал урнабиги. ГIагараб заманалда гьаризе хIисабалде росарал аслиял  хIалтIаби гIемерал руго. Росдал аслиял къватIазда лъезе руго камераби. ГIолилазе спорталъе чIезаризе руго шартIал; лъугIизабизе буго футболалъул поле лъеялъул хIалтIаби,цIигьабизе буго паркалда бугеб волейболалъул площадка, спортзалалда гьабизе буго отопление.

Хьул буго, харбида бицун тун гурел, гьарун рагIалде рахъинарилин нилъеца рехсарал хIалтIаби абун.

 Ахиралдаги,  жамагIаталда гьаризе бокьун буго росулъ гьабулеб хIалтIулъ щивав жамагIатчияс жигараб гIахьаллъи гьабеян. Нилъеца киналго  цадахъ лъугьун гьабичIони, росулъ жаниб гIадлуги рацIцIалъиги гьабизе нилъехъе  щивниги чи вачIине гьечIо. Нилъер рацIцIа-ракъалъиялъухъги гIадлу-низамалъухъги балагьун кьезе буго нилъее къимат жакъа дунялалъул рокъобги, метер ахираталъул рокъобги.

МухIамад ГIумарасхIабов

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

25