Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

08.05.2017 23:26 Понедельник
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ЧIунтарал анищал, ахIичIого хутIараб кечI..

1941 соналъул 22 июналда байбихьана гIагараб улкаялъул тарихалъул цIиял пашманал тIанчал. Гьеб къоялъул рогьалилъ немцазул армиялъ гьужум гьабуна Балтикаялъул ралъдадаса ЧIегIер ралъдалъе щвезегIан тIолабго нилъер ракьалде.

Щибго к1очон гьеч1о

 

ЧIунтарал анищал, ахIичIого хутIараб кечI..

1941 соналъул 22 июналда байбихьана гIагараб улкаялъул тарихалъул цIиял пашманал тIанчал. Гьеб къоялъул рогьалилъ немцазул армиялъ гьужум гьабуна Балтикаялъул ралъдадаса ЧIегIер ралъдалъе щвезегIан тIолабго нилъер ракьалде.

Доб къоялдаса нахъе ана 76 сон. Гьелщинал соназ нилъер халкъалъ тIуна бухIараб магIу. ГIодилеб букIана гIагараб ракь. Нилъер улкаялда жеги сах гьарулел руго рагъуца лъурал ругънал, амма гьезие сахлъи гьечIо. Щибаб хъизаналде , изну гьечIого нуцIидаги кIутIун, рещтIана балагьалъул рагъ. Жеги унтулел ва ссудулел руго рагъул ругънал.

Амма нилъ бергьана. Бергьана тушманасде  бугеб  ццидалги ва ВатIаналде бугеб рокьулги кутакалъ. Бергьенлъиялъул багьа щиб- 27 миллион чIварав гIолохъанчи, чIунтарал анищал, билараб талихI, ахIичIого хутIараб кечI, тIегьачIого хутIараб гIумру, бесдаллъарал лъимал, къороллъарал руччаби. Вацазухъ тIураб яцазул магIу, магIирукъалде сверараб улка, ва свараб гъансито, миллионазул нур сварал берал….

           Жакъа цо-цо «тарихчагIаз» хIаракат бахъулеб буго нахъегIанаб ва    къабихIаб бербалагьиялдалъун КIудияб ВатIанияб рагъуе батIияб къимат кьезе,тарихалъул тIанчал гIаксалда регизе, гьанжесеб гIолохъанаб гIелалъе гьерсал рицине, гIолилал мекъи ккезаризе. Тарихалъул цо-цо тIахьаздаги цо-цо гьедин хъвалеб батулел руго.

Гьеб къосараб агьлуялъе къваригIун буго, жалго гIадин, нилъги къосине, КIудияб бергьенлъи нилъехъа бахъизе. Амма КIудияб бергьенлъиялъул мугьруллъун ккола щибаб росулъ рарал памятникал. Гьез бицуна советияб халкъалъул багьадурлъиялъул. Нилъеда, КIудияб Бергьенлъиялъул мустахIикъал ирсилазда, кIочене гьечIо нилъер умумузул хвел гьечIеб гьунар. Рагъ байбихьараб тIоцебесеб къоялъго Дагъистаналъул шагьаразда ва росабалъ унел рукIана гIемераб халкъ бакIарарал митингал, гьез бихьизабулеб букIана жал ВатIан цIунизе къватIире рахъине хIадурарал рукIин.

Армиялде ине байбихьана тIубарал хъизаналго цадахъ. ГIезегIан руго Дагъистаналда щугоги, микьгоги хIатта анцIгоги бихьинчи хъизаналдаса рагъде арал.

Нилъер районалъул ГIурада росулъа Будуновазул ва МахIмудовазул, Ругъелдаса Духъаевазул , ГIасаса ГIабдулжалиловазул, ГIуриса Махуевазул хъизаназул фронталде ана лъабгоги ва ункъгоги васал, гьезул гIемерисел хутIана кьалул майданалда . КIудияб ВатIанияб рагъул батIи-батIиял фронтазда гIахьаллъи гьабуна нилъер районалъул 2379 гIолохъанчияс. Гьезул гIемерисел рагъде ана гIарзаги хъван, жидее бокьун. Кинаб рагъулъе кканиги гьезул букIана бихьинчилъиги, хIинкьи гьечIолъиги ва бихьизабуна тушманасдехун бугеб ццидаца жидер рекIелъ унго-унгояв дагъистаниясул, магIаруласул би гьалдолеб букIин.

Нилъер районалъул лъабкъогогIанасев чиясе рагъул заманалда лъугIизаруна рагъулал училищаби , яги къокъалго офицерзабазул курсал ва бихьизабуна гьез жидер лъайги, рагъуе бугеб гьунарги ва бихьинчилъиги. ТIолабго Дагъистаналъул ва нилъер яргъилал къуватазул чIухIилъун ккола цIар рагIарав рагъулав начальник, генерал- полковник МухIамад Танкаев. Гьев гIадатияв ва бихьинчилъи чорхолъ бессарав инсан даимго хутIила нилъер ракIазулъ.

Рагъул кьварарал соназда нилъер районалъул гIадамаз фронталда гуребги тылалдаги бихьизабуна ВатIаналде бугеб гIорхъи гьечIеб рокьи. Гьелъие мисаллъун бачине бегьула районалъул 6436 чиясе щварал «КIудияб ВатIанияб рагъда бихьизабураб багьадураб захIматалъе гIоло» медалаз. Росдал магIишаталдаги рагъулал щулалъаби ралел     бакIаздаги  гьабураб кIвахI гьечIеб хIалтIиялъ ,гьез кумек гьабуна БагIараб Армиялъе тушман щущахъ виххизавиялъе. Руччабаз хисана бихьинал, гьел рукIана колхозалъул председателаллъунги, бригадирзабилъунги, гIи-боцIул фермабазул заведующияллъунги.

Районалдаса гIемерав чи ана жидеего бокьун республикаялъул рагъулал щулалъаби ралел бакIазде хIалтIизе. Гьезул 28 чи мустахIикълъана «Кавказ цIуниялъе гIоло» медалазе

Жакъа районалда хутIун гьечIо рагъул гIахьалчагIи. Амма районалъул щибаб росулъ ран руго рагъдаса руссинчIел 1661 ракьцоясе памятникал ва обелискал. Гьел нилъеда кидаго ракIалдаса ине гьечIо.

Нилъер районалъул гIолохъабаз гIахьаллъи гьабуна Венгриялда, Афгъанистаналда,Чачаналда ва Дагъистаналда  ккарал рагъазулъ. Гьез бихьизабуна унго-унгояб бихьинчилъи ва бахIарчилъи. Жакъа гьел руго нилъгун. Нилъеца бетIер къулун хIурмат гьабула гьезул.Гьарула гьезие щулияб сахлъи, талихIаб гIумру, рохел.

Даимаб рецц буго нилъер ВатIаналъул эркенлъиялъе ва чияда бараблъун гьечIолъиялъе гIоло къеркьеялъулъ хваразе, рагъдаса руссун ракълилаб магIишат цебетIезабулаго ва хIалхьиялда рукIадго нилъедаса ратIалъаразе.

                                              М-Р Асх1абов , ветераназул районалъул Советалъул председатель.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

17