Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

27.04.2017 16:02 Четверг
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

М. ХIАСАНОВ: «.. Нилъее заман щвана ракьал хIалтIизаризе..»

Росдал магIишаталъул рекьарухъанлъиялде ва ахихъанлъиялде кинабгIаги бухьен бугевщинав чиги вакIарун, форум тIобитIана 27 апрелалда ХIебда росулъ.

 Районалъул бетIерасул хIаракаталдалъун исана тIоцебесеб нухалда районалда тIобитIараб гьеб форумалда гIахьаллъана нилъер гIаммал магIишатазул нухмалъулел, росдал магIишаталъул хIалтIул церехъаби, хIалтIул хIалбихьи щварал ва гьединго гьанжего гьанже магIишат гIуцIулел фермерал, росабазул бегавулзаби ва цогидалги.

Росдал магIишат

М. ХIАСАНОВ: «.. Нилъее заман щвана ракьал хIалтIизаризе..»

Росдал магIишаталъул рекьарухъанлъиялде ва ахихъанлъиялде кинабгIаги бухьен бугевщинав чиги вакIарун, форум тIобитIана 27 апрелалда ХIебда росулъ.

 Районалъул бетIерасул хIаракаталдалъун исана тIоцебесеб нухалда районалда тIобитIараб гьеб форумалда гIахьаллъана нилъер гIаммал магIишатазул нухмалъулел, росдал магIишаталъул хIалтIул церехъаби, хIалтIул хIалбихьи щварал ва гьединго гьанжего гьанже магIишат гIуцIулел фермерал, росабазул бегавулзаби ва цогидалги.

 Форум тIобитIиялъул аслияб мурадлъун МухIамад ХIасановас рехсана районалда росдал магIишат цебетIезабиялъе нухал ралагьи, гьеб бутIаялда дандчIвалел квал-квалал, масъалаби дандрай:  -Нилъер районалъул буго 110 азарго  гектар росдал магIишаталъул бутIаялда хIалтIизабизе бихьизабураб ракьалъул. Ахихъанлъиялъ ккун руго 1733 гектар ракьул, бекьулеб ракь гIицIго 3,2 гектар гурони гьечIо.  ХIакъикъаталдани, гьелъул бащадабгицин бекьулеб гьечIо, ракь букIине кколеб хIалалда хIалтIизабулеб гьечIо нилъер гIадамаз.  Нилъее заман щвана ракьал хIалтIизаризе, тIалаб гьабичIого рехун тун ракьалгун нилъ тIубаларо.

 Гьединго районалъул бетIерас борхана ракьал сабаблъун районалъул росабазда гьоркьор кколел питнаби гIемерлъулел рукIиналъул суалги. Районалъул жамагIатал ахIана ракълида, маслихIаталда ракьул гIорхъабазул суал тIубаялде.

Росабазул бегавулзабаздехун хитIаб гьабун районалъул бетIерас бицана гъутабазда ругел магIишатазде районалъул нухмалъулел  щвезе рукIиналъул ва цадахъ росдал бегавул вукIине ккеялъулги.

ХIасановасул цIаралда бугеб Сомодисезул гIаммаб магIишаталъул нухмалъулев И.Ибрагьимхалиловас бицана I20  гектаралда жидер магIишаталъ рис бекьулеб букIиналъул: -Гьениса цо-цо гектаралдаса  рис бакIаризе 8 азарго гъурущги кьун Чачаналъа комбайн бачине кколаан нижеца. Гьеб ккола миллионалде гIагарун гъурущ. Гьебги хIисабалде босун, нижер магIишаталъ босана  комбайн. Рис ва цогидаб бекьараб жо бижизе ккани, лъалъазе лъим хIажалъула. Исана гьелъухъги гIарац кьезе кколеб буго, дие гьеб 200 азарго гъурущалде бахуна. Гьединал захIмалъабигун, кумек гьечIони, магIишатазул хIалтIи кинха  цебе тIелеб?

Гьединго И. Ибрагьимхалиловас борхана гъутабаздаса магIарухъе гIи гочинабиялда дандчIвалел квал-квалазул ва гъутабазда ругел магIишатазда хIалтIулел гIадамазе хъулухъ гьабизе медицинаялъул хIалтIухъан хIажат вукIиналъул суалалги.

Гьанхъадерил гIаммаб магIишаталъул нухмалъулев Салим Асадулаевас бицана хIукуматалдаса щолеб кумек гьечIолъиялъул ва магIарухъе гIи гочунелъул дандчIвалел квалквалазул: -Цебе нижеца гIи вагоназда рехулаан гъутабаздаса. Гьанже нижеда абулеб буго машинабазда рехейин абун, гьелъухъ гIарацги кьелин. Кин рехилеб? Къад заманалда Хасавюрт шагьар къотIун гIиязул цIурал КАМазал кин рачинел, къаси заманалда рачине гьукъунги руго. Гьелда тIадеги, лъабго соналъ машинабазда гIи рехун кьолеб дотациялъул цо гъурущгицин нижеда бихьичIо. Гьеб суал буго роцIинабизе къваригIун чара гьечIого..  

 Гьединго С.Асадулаевас бицана жидер магIишаталъул 60 гектаралда рис ва 40 гектаралда люцерна бекьулеб букIиналъулги.

Ругъелда администрациялъул бегавул ГьитIинамухIамад ГьитIинамухIамадовас аварагасул хIадисаздалъун бицана ракь хIалтIизабиялъул ва гъветI чIеялъул бугеб кириялъул.  Гьесго бицана араб соналда живгоги цеве лъугьун 6-7 гектаралда ахал гьариялъул, Къелеб бекьараб, гьенибго ххараб ролъ жакъа къоялда гIадамаз цIехолебги босулебги букIиналъул.

Форумалда бицана ТIогьохъ школалда цIалдохъабаз 200 гъветI жаниб чIараб ах гIезабулеб букIиналъул ва араб соналда гьеб ахикьа тIоцебесеб пихъ кьеялъулги.

 Форумалда гIахьаллъана гIемерал соназ районалъул росдал магIишаталъул идараялъе нухмалъи гьабурав ва райадминистрациялъул бетIерасул заместительлъунги хIалтIарав Ибрагьим МухIамадовги. Ругъелдисезул гIаммаб магIишаталъул нухмалъулев М.ИсмагIиловас районалъул киналго магIишатазул нухмалъулезул рахъалдасан баркала загьир гьабуна Ибрагьимие гIемерсоназулаб цадахъаб хIалтIухъ.

 Районалъул администрациялъул рахъалдасан шапакъатал ва къиматал сайигъатал кьун кIодо гьаруна росдал магIишаталда жидеца жигараб бутIа лъуралги.

 Ахиралда къабул гьабуна форумалъул резолюцияги.

МухIамад ГIумарасхIабов

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

46