Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

27.04.2017 09:05 Четверг
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

КъахIиб бегавуласул жамагIат разияб хIалтIи

Араб рузманкъоялъ районалъул нухмалъулезул иргадулаб сапар букIана КъахIиб росулъе.

Росабалъе сапар_____________________________

КъахIиб бегавуласул жамагIат разияб хIалтIи

Араб рузманкъоялъ районалъул нухмалъулезул иргадулаб сапар букIана КъахIиб росулъе.

Цогидал росабалъго гIадин ,гьенибги тIобитIана райсобраниялъул председатель М-А. Хизроев ва районалъул бетIерасул заместитель МахIач МахIачев гIахьаллъараб росдал депутатазул Собраниялъул сессия. КъахIиб  росдал бегавул МухIамаднаби МухIамадовас депутатазе хIисаб кьуна росдал социалиябгун-экономикияб рахъалъул бицун, рехсана араб соналда  администрациялъул ва жамагIатаз бутIа лъун гьарурал хIалтIаби. Гьединго, рорхана налогал ракIариялъул, ясли-ахалъул, школалда лъималазе тарбия-лъай кьеялъул , росулъ бугеб гIадлу-низамалъул масълаби рехсарал суалалги. Сессиялъул ахиралда депутатаз росдал бегавуласул хIалтIи лъикIаблъун рикIкIана.

 Сессиялдаса хадуб  МахIач МахIачевгун районалъул идарабазул нухмалъулел щвана КъахIиб туберкулезалъул больницаялде. Больницаялъул врач МухIамадхIажи МухIамадовас бицана цIияб бараб больницаялда унтаразе чIезарурал лъикIал шартIазул.  Жакъа къоялде больницаялда буго 50 чи вегизе бакI,  гьел бакIалги чIорого хутIулел гьечIо тIолабго Дагъистаналдаса унтарал рачIун. Райадминистрациялъул лъай кьеялъул бутIаялъул нухмалъулев Ибрагьим ХIажиевгун цадахъ М.МахIачев  щвана  КъахIиб гьоркьохъеб школалдеги. Халгьабуна щибаб классалъул, лъикIаб къимат кьуна школалда гIуцIун бугеб умумузул алатал данде ракIарараб музеялъеги.

 Хадубго щвана КъахIиб ясли-ахалдеги. Гьелъул нухмалъулей Аминат Расуловалъ МахIач МахIачевасда бицана араб гIасруялъул лъабкъоабилеб соналъго бараб ясли-ахалъул минаялъуб квегIенлъи ва рацIцIалъи цIуниялъе жидецаго гьенир тIуразарурал масъалабазул, гьел тIуран рагIалде рахъинариялъе кумекги гьарана гьелъ районалъул нухмалъулезда.

I8 маялда МочIолъ исламияб мадрасаялда тIоритIизе ругел гьитIичазул къецазде ругьун гьарулел лъималазухъеги щвана М.МахIачев. Махражалда, камилго къуръаналъул аятал ва альхIамги цIалун жидерго бажари бихьизабуна гьез гьалбадерида. .

 ГIадатлъун билъухъе, рузманалдаса хадуб тIобитIана жамагIаталъулгун дандчIвай. Районалъул бетIерасул рахъалдасан КъахIиб росдал жамагIаталда саламги бицун, дандчIвай тIобитIизе живго вачIине щвечIолъиялъухъ гьесул рахъалдасан тIасалъугьинги гьарун, данделъи рагьана МахIач МахIачевас.

  Росдал бегавул МухIамаднаби МухIамадовас жамагIаталъе хIисаб кьолаго бицана араб соналда росдал бюджеталъул ва гьеб гIарцуде ва жамагIаталъул гIахьаллъигун гьабун рагIалде бахъараб хIалтIул. Исана гьаризе хIисабалде росарал рехсолаго, МухIамаднаби МухIамадовас жамагIат ахIана росулъ гьабулеб хIалтIулъ жигараб гIахьаллъи гьабиялде.

 Данделъиялда бицана КъахIиб СПКялъул хIалтIулги. Росдал магIишаталъул отделалъул нухмалъулев ГьитIино МахIачевас лъикIаб къимат кьуна гьеб магIишаталъул цIияб нухмалъиялъ гьабулеб хIалтIуе.

Цогидал росабалъго гIадин, КъахIибги рорхана сельсоветалде гьоркьоре унел росабалъ токалъул къуват гIунгутIиялъул, спортзалалъул, школалъул ва нухазул масъалаби рорхарал суалал.

Росдал бегавулас бицана магIарде бахъулеб букIараб нух гIагарлъун хутIун букIиналъул. Росдал бюджет гIуцIулелъул 4-5 соналъ щунус-нус азарго гъурущ районалдасан кумек щолеб бугони, гьеб кIигогIан гIарац жамагIаталъги бакIарун, нух бахъун лъугIизабизе рес бугилан. Гьеб нух бахъани, гIи-боцIи хьихьи ва гьединго жакъа къоялда росулъ цебетIун бачIунеб бугеб  найихъанлъи гьабиялъеги жамагIаталъе кIудияб квегIенлъи букIине бугилан. Гьеб нух бахъиялдалъун, советалда гьоркьоре унел къехIдерил магIарда ругел росабалъеги нух чанцIулго къокълъизехъин бугилан тIадеги жубана гьес.

 Ахиралда кIалъалаго росулъ гьарурал хIалтIабазе лъикIаб къиматги кьуна районалъул бетIерасул заместитель М. МахIачевас. Гьенибго гьес бицана минабазул ва ракьазул «зеленкаби» гьариялъул суал нахъе тIамун тезе бегьуларилан. Минабазул ва ракьалъул бетIергьанлъиялъул хъвай-хъвагIай гьечIев чиясе хIукуматалдаса щолел бигьалъабаздаса махIрумлъизе вугинги абуна гьес гьеб суалалъул мухIканал баяналги кьун. 

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

10