Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

09.03.2017 15:22 Четверг
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

М. ХIАСАНОВ: «ХъулухъчагIиги руго халкъалъул тIалабал тIуразе тарал чагIи..»

Автор: МухIамад ГIУМАРАСХIАБОВ
Ответственный секретарь МБУ "Информационный центр" Шамильского района

Щивав цIияв нухмалъулев вачIиндал жидерго масъалаби тIуралародаян халкъалъул хьулал цIилъула.  Хъулухъчи, хIаким- гьев жиндиего пайдаялъе гурони тахида гIодов чIоларинги букIуна гIемеразул пикру.  Амма кидаго гуро. Гуреблъи бихьула чиясулгун ракIрагьараб хабар бицунагоги.  

М. ХIАСАНОВ:

       «ХъулухъчагIиги руго халкъалъул тIалабал тIуразе тарал чагIи..»

Щивав цIияв нухмалъулев вачIиндал жидерго масъалаби тIуралародаян халкъалъул хьулал цIилъула.  Хъулухъчи, хIаким- гьев жиндиего пайдаялъе гурони тахида гIодов чIоларинги букIуна гIемеразул пикру.  Амма кидаго гуро. Гуреблъи бихьула чиясулгун ракIрагьараб хабар бицунагоги. 

Нилъер районалъул бетIерлъун МухIамад ХIасанов вачIаралдаса бугеб чIаголъи нилъеда бихьулеб буго. Хадубккунги гьабизе ракIалда бугелъул, цере чIарал масъалабазул ва жиндирго бугеб нияталъул районалъул бетIерас бицунеб  буго нижер хIалтIухъан М. ГIумарасхIабовасулгун букIараб гара-чIвариялда.

-МухIамад, араб соналъул ахиралда районалъул халкъалъ рищарал депутатаз  дуда божилъи гьабуна жавабчилъи цIикIкIараб районалъул бетIерасул хъулухъ. Гьеб нухда бачунаго,  аслияб къагIидаялъ сунде кIвар буссинабизе ракIалда бугеб, МухIамад ? Кинал масъалаби ругел бищунго цере тIуразе ккарал? 

 -Дида гьабураб божилъиялъухъ цебеккун райсобраниялъул депутатазул  сессиялда баркала кьун букIаниги,  дие бокьилаан районалъул  газета гьоркьоб ккун районалъул росабазул жамагIатазеги  гьез рищарал депутатазеги ракI-ракIалъул баркала кьезе.

   Халкъалъе хъулухъ гьабизе тIалъулеб кинаб букIаниги хIукуматалъул идара нухда бачине бигьаяб иш гуро. Дун божарав вуго тIолабго нилъер жамагIаталъ, росабазул бегавулзабаз, районалъул ва росабазул депутатаз цадахъаб хIаракатчилъиялъулъ ритIухълъи цIуниялда ва нилъ разияб,  хIасил кьолеб хIалтIи гIуцIиялда .

 Районалда гIумру гьабулевщинав чиясда бичIчIизе ккела нилъер гIумру -яшав, гIадлу-низам ва парахалъи гIемерисеб жиндаго бараб букIунеблъи.

Цере чIарал масъалабиги кIварбуссинабизе ккарал суалалги гIемерал руго, къойидаса къойиде гьел масъалаби цIикIкIунел руго, нахъехун гали тIамизе нилъее бакIги хутIун гьечIо.

  Бищунго цере тIуразе ккарал масъалабазул цояблъун ккола ХIебда росулъе гIураб къадаралда пайда босизе лъим бачиналъул суал. Дида лъалеб 35 сон буго гьеб суал рагIалде бахъине кIоларого.Гьеб масъала тIубаялда тIаделъун руго, проекталъулал документал хIадурун рагIалде рахъунел руго.  Газета цIалулезда ракIалде ккезе бегьула проектги бахъун букIанин, гьелъие гIарацги биччан букIанин. Гьеб суал гьедин гьечIо. Проекталъул лъугIун бугоан цо бутIа , хутIараб лъугIизабизе харжалги кьуна, ва лъугIизабизе рагIиги кьун буго . Гьелдаса хадуб, тIубан хIадурараб проект битIизе ккола Москваялде тасдикъ гьабизе, цинги лъазе буго нилъеда  ХIебда росулъе лъим бачиналъул хIалтIаби кида байбихьизе ругелали . Хьул буго исана гьеб хIалтIи байбихьилин. Росабалъ гIураб къадаралда лъимги, токги  ва лъикIал нухалги ругони, магIарухъ яшав гьабизеги бигьалъи букIинин ккола дида.Исана лъим бачине ва нухал гьаризе планалда росарал нилъер районалъул росаби руго, хадубккунги гьелде кIвар кьезеги  буго.

ТIадчIей гьабизе ккараб суал буго ясли-ахаздасан байбихьун , школаздаги шагьаразда цIалулел районалъул гIолилазде гIунтIун лъай ва тарбия кьеялъул , гьединго гьезие шартIал гIуцIиялъул суал. Заман щун буго цоцазул адаб гьабизе, нилъеего бокьулареб чидае гьабичIого тезе ругьунлъизеги.  Руго суалал ветераназе, инвалидазе, лъимал гIемерал хъизаназе ва цогидазеги щвезе кколеб букIараб коммуналияб гIарац ва гIарцулаб компенсация щвечIого хутIиялъул, гьелдаги тIадчIей гьабизе ракIалда буго. Гьел киналго дицаго гъулбас гьабун тIуразе кIолел суалал рукIаралани бигьалъи букIинаан. ГIемерисел суалал МахIачхъалаялда ругел идарабазда рарал рукIиналъ гьел  тIуразе бигьалъизехъин гьечIо. Кин бугониги хIисабалде росарал масалаби тIураялда хьулги буго. 

-Тарихалде раккидал халлъула, кинаб бугониги кIудияб хъулухъалдаги рукIун  халкъалъе нухмалъи гьабуразул цIар,  гIадамазул гIумру-яшав лъикIлъизе гьев чияс бахъараб хIаракаталдалъун  машгьурлъун букIин.КIудияб жавабчилъиялъул хIалтIи тIаде босулаго, сунде мугъчIвай дуца гьабураб?


- Гьаб  суалалъе жавабалъе ургъулаго ракIалде рехун  рачIана ЧIикIаса СагIид апандиясул тавбуялдаса «Дун тIекълъи гьабулесда тIад рекъон чIеялдаса..» абурал рагIаби.

 ГIумруялда жанибги дица кидаго мугъчIвай гьабуна битIаралда – битIарабин , тIекъалда тIекъабин абиялда ва хIалкIун  дидаса бегьараб кумек гIадамазе гьабизе бугеб нияталдаги.

- Нилъер бергьенлъаби, районалъул цебетIей битIахъего бараб букIуна районалъул щибаб идараялъул нухмалъулезул ва хъулухъчагIазул хIалтIи битIун гIуцIиялда.

Кинаблъун бихьулеб дуда жакъа къоялда  районалъул идарабаз халкъалъе хъулухъ гьабизе  хIалтIи гIуцIараб къагIида? Ругищ хиса-басиял гьаризе ккарал бутIаби?

-Щибаб идараялъул нухмалъулес ва хъулухъчагIаз жидеда тIадал ишал ракIбацIцIадго тIуралел ругони , хIалтIиги  бигьалъизе буго, битIун гIуцIиялда щаклъиги букIине гьечIо. Нухмалъулелги хъулухъчагIиги руго хIукуматалъ харжалги кьун , районалъул халкъалъул тIалабал тIуразе тарал чагIи, кинаб идара  гьеб батаниги.

Щибаб моцIалъул кIиабилеб талат къоялъ районалъул идарабазул нухмалъулелгун данделъи тIобитIула, дандрала гIолел гIоларел рахъал.  Гьединабго данделъи щибаб моцIалъул ахирисеб хамиз къоялъ росабазул бегавулзабигунги тIобитIула.

Гьел рехсарал нухмалъулезул хIалтIи гIуцIараб къагIидаялдаса киназдасаго гуро дунги , жамагIаталги разиго ругел. Амма щивав нухмалъулесдаса цIехезе ва тIалаб гьабизе ракIалда  буго. Гьелъул хIасилазухъ балагьун хиса-басиялги  гьаризе ккезе бегьула .

Руго  нилъер жамагIатаз божилъи гьабурал районалъул собраниялъул депутатал ва гьез щибаб идараялъе къимат кьолеб къагIидаги букIинабизе буго.  Росдал жамагIат гъункичIони , нухмалъулесе хIалтIи гьабизе захIмалъула , гьеб нилъеда лъалеб ва бихьараб буго . ХIалтIизе ккаралъул дагьлъун, ракьал яги цоги щиб бугониги бикьулелъул гIемерлъулел гIамал-хасият букIине рекъараб гьечIо инсанасулъ.

 Ахираб заманалда гIемерлъун  руго  жидеца питна бокьулел ракьазул «гIорхъалаби лъалел». Гьеб сурукъаб иш нилъер районалъул жамагIатазда рекъоларо. Дица гьарула гьеб ракьул кесекги цадахъ босун гьаб дунял тезе ракIалда бугес гурониги гьеб суал борхугеян ,гьитIинабго спичкаялъул гIучIалъ тIубан росдадаго цIа гъураб гIадаб пиша гьабугеян!

   -МугIрул халкъалъул аслияб бетIербахъи кидаго  букIана росдал магIишаталдаса. Гьелъ лъикIаб бутIа ккола нилъер социалияб ва экономикияб цебетIеялдаги. Амма жакъасеб къоялъул хIакъикъатлъун бихьула рекьичIел мегъал, чIунтарал кулаби, къачIачIел ахал. Гьелдаго цадахъ нилъеда бихьула  гIумру гьабизе бигьаял бакIазде, шагьаразде  халкъ гочунеб букIинги. Гьеб масъала нилъер районалъеги гIахьалаб буго. Гьеб рахъ чIаголъизабиялъе кинал пикраби ругел дур?

- Росдал магIишат ккола нилъер халкъалъ цIикIкIараб кIвар кьезе ккараб суал. Гьелда хурхун тIуразе ккарал  масъалабиги гIемерал руго.

 Умумузул аби буго гIиси-бикъинаб  унти хIалтIуца бахъулилан. Ракь хIалтIизабиялдехун , гIи-боцIиялдехун рокьи бугез, гIумру-яшав гьабизе шагьаралде гочаниги , гьенибги тIалаб гьабула ва кIвар кьола гьелде,  чорхол сахлъи бугелдаса нахъе.

Дида бичIчIуларо щай магIарухъги рукIун,  нилъ тукабаздасан кванан рукIине кколел? 

Киб гьабураб, киб бижараб , кинал квераца гьабураб лъалареб нигIмат кваназегIан  нилъецаго гIезабураб бацIцIадаб нигIмат кваназе лъикI гьечIищ нилъее?

ХIал хьезегIан кьун руго Аллагьас нилъ рижараб ракьалда нилъее къваригIунел нигIматал. Жакъасеб къоялда нилъер гIолохъанаб гIелалъ байбихьун буго кулабиги къачIазе , гIи-боцIиги хьихьизе , ахалги гьаризе. Гьединал гIадамал нилъер районалъул киналго росабалъ руго , ва гьезул хIакъалъулъ районалъул  «Цолъи» газеталда хъвазеги буго. 

 Росдал гIаммал магIишатазул нухмалъулезги гьабулеб хIалтIи букIине ккела жамагIатаз хIажатаб кумекги гьабун, гьезда дандги бан гьабулеб.

Цогидал бутIабазда хIалтIулелго гIадин росдал магIишаталдехун кIварги кьун гIи-боцIи хьихьулел, ахал гIезарулел- гьелги ккола районалъул халкъалъул гIумру-яшав цебетIезелъун хIалтIулел чагIи. Гьединазе квербакъизе буго хIукуматалъул рахъалдасан щолеб кумек щвеялъеги!

 

-Баркала, МухIамад, ракIрагьараб  гара-чIвариялъухъ. Гьарула дуе районалъул халкъалъул яшав лъикIлъиялъе гьабулеб хIалтIулъ  тавпикъ. 

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

10