Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

30.03.2017 22:38 Четверг
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Сиражудин МухIамадов: «Дир мурад- химикатал гьечIел нигIматал халкъалъухъе щвей»

Автор: Мух1амад Г1УМАРАСХ1АБОВ
Ответственный секретарь МБУ "Информцентр" Шамильского района

 Гьал къоязда районалъул бетIер М.ХIасанов, гьесул заместитель А.Рамазанов,  росдал магIишаталъул отделалъул нухмалъулев ГьитIино МахIачев ва «Информцентралъул» хIалтIухъаби щвана, нижеца цебеккунги гIемер бицен гьабурав, Гьолокьа фермер Сиражудин МухIамадовасул мисалияб  «Кобони» магIишаталде. 

Сиражудин МухIамадов:

               «Дир мурад- химикатал гьечIел нигIматал халкъалъухъе щвей»

 Гьал къоязда районалъул бетIер М.ХIасанов, гьесул заместитель А.Рамазанов,  росдал магIишаталъул отделалъул нухмалъулев ГьитIино МахIачев ва «Информцентралъул» хIалтIухъаби щвана, нижеца цебеккунги гIемер бицен гьабурав, Гьолокьа фермер Сиражудин МухIамадовасул мисалияб  «Кобони» магIишаталде.

  Жиндирго магIишаталъул хIалтIуде мащгъуллъун ватана Сиражудин. 500 кв. метраялде гIагарун ракьалда теплица гьабулеб бугоан гьес.

Сиражудиница районалъул бетIерасда бицана кIиго гектаралде гIагарун ракьалда жинца ахал гIезариялъул, гьеб хIалтIухъ Дагъистаналъул ХIукуматалъ кьурал  шапакъатазул. Сиражудинил жеги бугоан жаниб тун боцIи хьихьизе бараб бакI. Жакъа къоялде гьесул буго лъебергоялдасаги цIикIкIун чIегIерхIайван. Теплицаги хIалтIизабизе бугин абуна гьес, химикатал хIалтIизаричIого рак бан  ракь беэн гьабун, бацIцIадал нигIматал халкъалъухъе щвезаризелъун. Гьелдаго цадахъ кIиго нухалъ босараб кредит гурони ХIукуматалъухъа щибго кумек щвечIого жинцаго гIуцIанин гьебщинаб магIишатин бицана гьес, хIалтIуца хъачIлъарал квералги цере ккун.

Районалъул бетIерас росдал магIишаталъул отделалъул нухмалъулев ГьитIино МахIачевасда ва Гьолокь росдал бегавул МухIамад ХIамзатовасда тIадкъана Сиражудин МухIамадовасул магIишаталъе республикаялъул идарабаздасан  кумек тIалаб гьабизе киналгIаги документал хIадур гьареян. 

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

20