Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

02.03.2017 15:44 Четверг
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Районалъул нухмалъулел жамагIаталъул тIалабалда. Гьандихъ

Автор: МухIамад ГIУМАРАСХIАБОВ
Ответственный секретарь МБУ "Информационный центр" Шамильского района

17 февралалда районалъул нухмалъулел хIалтIулаб сапаргун щвана Гьандихъ росулъе. Сапаралъул аслияб мурадги букIана жамагIатгун дандчIван росулъ ругел масъалаби тIатинари ва цадахъ ургъун гьел тIураялъе нухал ралагьи. 

Районалъул нухмалъулел жамагIаталъул тIалабалда

 

Гьандихъ

 

17 февралалда районалъул нухмалъулел хIалтIулаб сапаргун щвана Гьандихъ росулъе. Сапаралъул аслияб мурадги букIана жамагIатгун дандчIван росулъ ругел масъалаби тIатинари ва цадахъ ургъун гьел тIураялъе нухал ралагьи.

     Районалъул бетIер ва  гьесул заместителалгун цадахъ данделъи тIобитIизе Гьандихъе щун рукIана районалъул депутатазул Собраниялъул, лъайкьеялъул, сахлъи цIуниялъул,росдал магIишаталъул, РОВДялъул, МФЦялъул, токалъул мухъазул, райадминистрациялъул экономикияб отделалъул ва  райгазеталъул нухмалъулел.

 Байбихьудасаго районалъул нухмалъулел щвана Гьандихъ школалде. Школалъул директор МухIамад Гъазалиевас  бицана жакъа къоялда школалда цере чIарал масъалабазул. Араб гIасруялъул лъабкъоабилеб соналъго бараб школалъул минаялъул тIох хиси, пластикаялъул гордал лъей гIадал гIузрабиги рехсолаго, школалъул чанго батIияб рокъоб гIуцIараб нилъер умумуз хIалтIизабулеб букIараб, жакъасеб гIелалъул гIемерисезда цIарцин жинда лъалареб тIагIел-алат данде бакIарараб музей бихьизабуна М.Гъазалиевас. Хасгьабун бицине мустахIикъаб буго школалда жанибго 4-5 бутIаялде бикьун гIуцIараб музей. КигIан кIудиябги росулъ, хIатта райцентраздагицин гьединаб бечедаб музей бати щакаб буго. Школалъул директор МухIамад Гъазалиевасул хIаракаталдалъун  гIуцIараб музеялъеги тIадегIанаб къимат кьуна районалъул нухмалъулез.

Районалъул бетIергун цогидал гьалбал школалда ругебгIан заманалда жаниб  райсобраниялъул нухмалъулез росдал советалъул депутатазул сессияги тIобитIана.

Рузманалъул какдаса хадуб байбихьана жамагIатгун дандчIваялъул аслияб бутIаялде.

 Данделъи нухда бачана Гьандихъ росдал бегавул ГIабдурахIманхIажи МутагIиловас. 

-Росабалъ бугеб ахIвал-хIал бегавулзабаздасан лъалеб букIаниги, дица хIукму гьабуна районалъул щибаб муниципалияб гIуцIиялде щвезе ва бакIалдаго щибаб бутIаялда ругел масъалабиги рорхун  жамагIатазе сундул рахъалдасан хIажалъи бугебали дидагоги бихьизе,- ян абуна данделъиялъул байбихьудаго кIалъазе вахъарав районалъул бетIер МухIамад ХIасановас. -Нужер киналго суалазе жаваб кьезелъун жакъа нижгун руго районалъул гIемериселго идарабазул нухмалъулелги. Киназдаго лъала, нилъер пачалихъалда жакъа кинаб захIмалъи бугебали . Араб соналда  нилъер районалъул бюджет дагь гьабуна анцIго миллионалъ, кин бугониги, жидерго росу-ракь цебетIезабиялъул мурадалда хIаракат бахъулезе нилъеца квербакъизе буго.  Кумек гьабизе буго киса,щив абун ватIа вахъичIого,бищун ресукъасдаса, мискинасдаса байбихьун.

   Хадурго кIалъазе рахъарал жамагIатчагIаз бицана жидерго бугеб къварилъи-гIатIилъиялъул.

 ЖамагIатчи Халипаев ГIамирица борхана мадугьалихъ ругел росабазда гьоркьоб ракьалъул гIорхъаби сабаблъун бугеб рагIи дандеккунгутIиялъул.

МФЦялъул нухмалъулев М.ГIабдулаевасе  кьуна паспортал хисиялда, ракьул ва минабазул «зеленка» гьабиялда, автомашина бачиналъе праваби хисиялда хурхарал суалал. Гьезул щибалъе М.ГIабдулаевас мухIканаб жавабги кьуна.

  Данделъиялда борхана токалъул букIине кколеб къуват гIолеб гьечIолъиялъул, токалъул хIубал ва кварал хисизе ва росдал цо авалалда цIияб трансформатор лъезе хIажат букIиналъул суалги.

Гьел суалазе жавабалъе мухIканал баянал кьуна  районалъул токалъул мухъазул нухмалъулев Ибрагьим Ибрагьимовасги.

 «Гьандихъ» СПКялъул хIалтIул бицунаго,районалъул росдал магIишаталъул бутIаялъул нухмалъулев ГьитIино МахIачевас бицана, магIишаталъул нухмалъулевлъун Салим Асадулаев тIамураб къокъабго заманалда жаниб СПКялда ккараб цебетIеялъул. Гьесго бицана росдал жамагIаталъе СПКялъул рахъалдасан щибаб лъагIалие щолеб гIарцулаб кумекалъулги.

СПКялъул хIалтIул бицунаго, гьелъул нухмалъулев Салим Асадулаевас бицана жидерго къуваталдалъун, росдал гIолохъабазул кумекалдалъун гьабураб хIалтIул, гъутада лъалъадизе лъим гьечIолъиялдалъун бугеб квал-квалалъул. Районалъул бетIерасда гьес гьарана гьеб суал роцIцIинабиялъе кумек.

Районалъул бетIерас абуна росабалъего гIадин,  гъутабазда ругел магIишатаздеги щун , гьенир гIолел-гIоларел рахъазул мухIканго халгьабизе бугилан.

РОВДялъул нухмалъулев Ибрагьим ГIалиевас жамагIаталда гьарана гьекъон-мехтун машина бачунел полициялъ тамихIалде цIазе течIого,  росдал жамагIаталъго  вагIза-насихIат гьабун ,гьединазда аскIоб хIалтIи жамагIаталъ гьабеян. Гьарана гIисинал лъималазухъе машина бачине кьогеян ва кодор документал гьечIого райцентралде  рачIунгеян. Гьединго полициялъул хIалтIухъанас бицана жакъа къоялда жамгIияб гьиназда (интернеталда)  жанир дандчIвалел, нилъер магIарул яхIалдеги данде кколарел, гIумруялъе заралиял  жалаздаса нилъер лъимал цIунизе ккеялъул. Хасаб кIвар кьун бицана пачалихъалдаго ахIи-хIур бахъараб «Синий кит» абураб хIаялдаса лъимал цIунизе ккеялъулги .

   ЖамагIатчагIазул щибаб суал районалъул бетIерас хIисабалде босана.

Районалъул тIалъиялъ тIуран бажарулел районалдаго , тIуран бажаруларел масъалаби республикаялдасан кумек тIалаб гьабизе цадахъ лъугьун хIалтIи гьабилин абуна М. ХIасановас.

  Данделъиялъул ахиралда районалъул нухмалъулезе баркалаги кьун, гьездехун бугеб божилъи, хIалтIудехун жиндирго бугеб бербалагьи рагьулел пикраби загьир гьаруна Гьандихъ росдал бегавул  ГI. МутагIиловас:

-Нилъеда бихьулеб буго цIияв вищарав районалъул бетIерас кинаб тIалаб гьабулеб бугеб районалъул жамагIатал цолъиялъе. Бихьулеб буго гьезул ругел гIунгутIаби-масъалаби рорхун гьел лъугIизариялъе бахъулеб бугеб хIаракатги. Жакъа Гьандихъ росдада цере чIарал масъалабиги гIемерал руго. Руго нижецаго тIуран бажарулелги, районалъул нухмалъулезул, республикаялъул идарабазул гIахьаллъи , гьезул кумекалъулаб квербакъи гьечIого тIуран бажаруларелги. КIиго суал буго районалъул нухмалъулездасан кумек хIажатаб. Гьеб ккола росулъе нух байбихьулеб бакIалда нух гIатIид гьабиялъул ва спортзал къачIаялъул суалал. Хьул буго гьел суалал тIураялда.

Ахиралдаги районалъул бетIерасе ва тIолабго районалъул жамагIатазе дугIа гьабиялдалъун лъугIизабуна данделъи. ТIаде рачIарал гьалбадерие бечедаб тепсиги хIадурун батана гьанхъадерица.

ЖамагIаталъулгун дандчIваялдаса хадур районалъул нухмалъулел щвана росдал ясли-ахалде, участкаялъулаб больницаялде, халгьабуна гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

14