Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

17.03.2017 09:05 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Могьохъ – гIатIилъулеб росу, цIилъулеб росдал магIишат.

Автор: МухIамад ГIУМАРАСХIАБОВ
Ответственный секретарь МБУ "Информационный центр" Шамильского района

Районалъул жамагIаталгун дандчIваялъе цебеккунго бахъараб хасаб графикалда рекъон, 3 марталда районалъул нухмалъулел дандчIвана Могьохъ росдал жамагIатгун.

Администрациялъул ишал

 

Могьохъ – гIатIлъулеб росу, цIилъулеб росдал магIишат.

 

Районалъул жамагIаталгун дандчIваялъе цебеккунго бахъараб хасаб графикалда рекъон, 3 марталда районалъул нухмалъулел дандчIвана Могьохъ росдал жамагIатгун.

   Районалъул бетIер М. ХIасановгун цадахъ гьеб къоялъ Могьохъе щун рукIана гьесул заместитель К. МухIамадов, райсобраниялъул председатель М-А.Хизроев, районалъул бетIерасул гIакълучи ГI-В. ХIажиев, районалъул прокурор И.ИсмагIилов, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев И. ХIажиев, райбольницаялъул бетIерав тохтурасул заместитель Ж. МухIамадов, токалъул идараялъул нухмалъулев И.Ибрагьимов, МФЦялъул нухмалъулев М.ГIабдулаев, полициялъул отделалъул начальник И.ГIалиев, «Информцентралъул» ва цогидалги идарабазул хIалтIухъаби.

Районалъул бетIерас тIоцебе раг1а-ракьанде щун хал гьабуна школалъул, щвана росдал ФАПалде, ясли-ахалде. Гьенир  тIатарал гIунгутIаби гIагараб заманалда лъугIизаризе кколинги абуна школалъул директорасда.

Росдал ФАПалде, ясли-ахалде щведалги М. Х1асанов к1варкьун г1енеккана гьел идарабазул нухмалъулез кьолел баяназухъ, гьезда рекъон малъа-хъваялги гьаруна. Гьебго къоялъ тIобитIана росдал депутатазул собрание ва гьениб  росдал бегавуласул хIалтIи рикIкIана лъикIаблъун.

Районалъул нухмалъулел г1ахьаллъараб жамагIаталъул дандчIвай нухда бачана районалъул ветераназул Советалъул председатель М-Р.АсхIабовас. Росулъ гьарулел х1алт1абазул бицунаго бегавул  МухIамад ГIумаровас  абуна гьеб хъулухъ тIаде босиялъул мурад росуцоязул яшав гьабиялъе шартIал, бигьалъаби  чIезари букIанин. Къокъго абуни М.ГIумаров бегавуллъун вач1аралдаса нахъе къач1ан буго чанго соналъ капиталияб ремонт гьабичIого букIараб лъадал мухъ, бан буго мадраса, ц1ияб ФАП, бетон тIун къачIана росдал къват1ал, гьабун раг1алде бахъунеб буго футболалъул майдан. Гьединго росдал бетIерас бицана цогидалги гьаризе хIисабалде росарал хIалтIабазул.

Районалъул нухмалъулездаса кумекги гьарун, данделъиялда жамагIатчагIаз рорхана росдае чара гьеч1ого х1ажатал масъалабазда хурхарал суалалги.

 Гьандихъ росдалгун ракьазул гIорхъи сабаблъун бугеб дандеккунгутIиялъул бицунаго, жамагIатчагIаз районалъул бетIерасда бицана ракьул г1орхъаби сабаблъун ункъго нухалъги кIиябго росдада гьоркьоб ричIчIунгутIиял ккеялъулги. Районалъул бетIерасда гьарана кIиябго росдада гьоркьоб бугеб гIорхъи хасаб комиссияги гIуцIун , республикаялъул ракьазул гIорхъабазул идараялъул вакилзабиги гIахьаллъун, хадурккунги питнаялде кколареб хIалалъ мухIканлъи гьабизе квербакъеян.

ЖамагIатчи М.ГьитIиновас борхана росулъе цIияб токалъул мухъ бачиналъул суал. Гьеб суалалда тIасан росдал бетIер М.ГIумаровас бицана цIияб токалъул мухъ цIаялъе жамагIаталъ токалъул хIубал росун рукIиналъул, гьаб гIагараб заманалда токалъул кварги босизе букIиналъул. Араб соналда росулъ трансформатор бухIидал, токалъул мухъазул нухмалъулев И.Ибрагьимовас гьабураб кумекалъухъ баркалаги кьолаго гьес  гьарана, исана цIияб токалъул мухъ ц1азеги кумек.

 Гьеб гьариялъе жаваб гьабулаго И.Ибрагьимовас абуна: -Жакъа къоялда нижер идараялдасан трансформаторал, кварал ва цогидабги щвезе ресго гьечIо. Гьанив г1адав бажари бугев бегавул вугеб росулъ хIалтIи гьабизе нижееги бигьаго букIуна.Араб соналда нужеца къокъабго заманалда жаниб балагьана трансформатор, гьеб лъезе нижеца кумекги гьабуна. Хадубккунги кумекалъе ниж х1адур руго.

ТIаде рачIарал гьалбадерие баркалаги кьолаго жамаг1атчи М-Р.АсхIабовас абуна Могьохъ росу  ц1илъун рач1унел росабазул цояб бугилан, бицана г1олохъабаз росдал маг1ишаталда лъолеб бут1аялъул, росуго разияб ва цогидазеги мисалияб бегавуласул х1алт1ул.

   Данделъиялъул ва жидерго сапаралъул х1асил гьабулаго  гьадин абуна районалъул бетIер М.ХIасановас: — Санаг1атал нухалги, лъикIаб тарбия-лъай лъималазе кьолеб школаги, лъимги, токги — гьел руго чара гьечIого росулъ рукIине кколел ва цIикIкIараб кIвар кьезе кколел рахъал. Бихьулеб буго нужер бегавуласги, гьесда нахърилълъун жамагIаталъги гьелде кIвар кьолеб букIин. ГIи- боцIи хьихьиялъул рахъалъ цебесеб кьерда букIиналъ, дица кибго мисалалъе рехсола нужер росу. Гьелдаго цадахъ нужер росулъа цониги чиясе щун гьечIо росдал магIишаталъул бутIаялда кьолел грантал. Гьанжеялдаса нахъе щвезе буго. ХIукуматалъ кьолел бигьалъаби щвезе руго хIакъикъаталдаги хIалтIи гьабулел гIадамазе.

 Ракьал сабаблъун кколел питнаби нилъеца гIодор къинаризе ккола, питнаялъ лъикIалде рачунаро. Гьеб лъугIизабиялъе нух батизе буго, инша Аллагь. Питна нилъее хIажатаб гьечIо нилъер ракьалда. Нилъеца кинабго гьаниб тола. Цониги чи инчIо ахираталъул рокъове гьаб ракьги цадахъ босун.

 

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

12