Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

09.02.2017 13:48 Четверг
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

МугIалимас ракI кьуни дарс бигьаго бичIчIула

Автор: Патимат Гитинова
Главный редактор МБУ "Информационный центр" Шамильского района

Авар мац1алъул къецал

Щибаб анкьида, киналго гIодоркъоязцин районалъул Лъайкьеялъул отдел чIаголъизабун букIуна росабазул школлъималазул гIахьаллъигун тIоритIулел батIи-батIиял къецаз. Нижееги рес щвана гьал къоязда, росабазул II абилел классазул цIалдохъабазда гьоркьоб, авар мацIалда махщалида цIализе, рекIехъе кучIдул рицине гIуцIарал къецазул халгьабизе. 

МугIалимас ракI кьуни дарс бигьаго бичIчIула

Щибаб анкьида, киналго гIодоркъоязцин районалъул Лъайкьеялъул отдел чIаголъизабун букIуна росабазул школлъималазул гIахьаллъигун тIоритIулел батIи-батIиял къецаз. Нижееги рес щвана гьал къоязда, росабазул II абилел классазул цIалдохъабазда гьоркьоб, авар мацIалда махщалида цIализе, рекIехъе кучIдул рицине гIуцIарал къецазул халгьабизе.

 «Метер магIарул мацI хвезе батани,

Хвайги дун жакъаго жаниб ракI кьвагьун» абураб ахIиялда гъоркь санайил тIоритIулел къецал руго гьел. Къецазе къимат кьезе гIуцIараб жюриялда гIахьаллъулезулгицин бадиб магIу ххулизабулеб, къуватаб магIнаялъул шигIраби  хIадурун ратана цIалдохъабаз.

Гьез цIалана ЖабрагIил ХIасановасул, МухIамад ХIамзаевасул, Расул ХIамзатовасул, Фазу ГIалиевалъул, Залму Батировалъул асарал.

ТIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана ТIидиб школа, цIалдохъан- А. СултIангIалиева, мугIалим-Хадижат МухIамадова. КIиабилеб бакI бикьана ГьентIаб  ва ХIотода школазда гьоркьоб. ГьентIа: цIалдохъан-М. ГьитIиномухIамадова, мугIалим-Кусум АхIмадова, ХIотода: цIалдохъан-ХI. МухIамадова, мугIалим-Бика Жамалова. Лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъана ХIебда ва МачIада школал. ХIебда: цIалдохъан-М. ЛабазанихIмаева, мугIалим-ПатIина ГIалиева. МачIада: цIалдохъан- Х. ХIажиева, мугIалим-ГьитIинехадижат МухIамадова.

ТIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъарай ТIидиб школалъул цIалдохъан А. СултIангIалиева МахIачхъалаялда республикаялъул даражаялда тIоритIулел къецазде йитIулин абуна РайОНОялъул нухмалъулесул заместитель Иляс ХIусейновас. МахIачхъалаялдаса призалъулаб бакI босичIого нилъер цIалдохъаби чIорого нахъги руссунел гьечIо. ЛъикIал хIасилазул бицунаго цо-цо  рахIатхварал суалаздеги раккана ниж:

-Иляс, дур пикруялда кинаб даражаялда бугеб нилъер школазда авар мацIалде кIваркьеялъул суал?

-ЦокIалаб жаваб гьелъие гьечIо. МугIалимасда бараб буго гIемерисеб. Гьес жинцаго ракI кьолеб бугони дарсие цIалдохъабазулги рекIелъе нух батула. Узухъда, эбел-инсуда барабги дагьаб гьечIо. ГIемерал руго, щибизе магIарул мацIалъул дарсазда заман хвезабун, киб гьеб хIажалъулебин абулел эбел-эмен. Гьеб кутакалда мекъаб пикру буго. Нилъерго миллияб рухIияб ирсалъул къуват жаниб гьечIони, къватIисан чияраб, заралияб  хехго лъугьуна чорхолъе.  Цоги, бахчун тIубалареб цо кIухIаллъиги буго нилъер мугIалимзабазул. Халгьабураб мехалъ цохIого-цо школал рукIуна авар мацIалъул гурелги цогидал предметазулги къецазда, олимпиадабазда гIахьаллъулел. Цо-цо школал руго кутакалда жалго жидеего гIун, кирго гIахьаллъизе бокьуларел. Жал цогидаздаса нахъе ккарал ругинищ гьезда кколеб лъаларо дида. Амма гьеб мекъаб пикру буго. Нилъер щибаб росулъ руго лъикIал мугIалимзаби. Таваккал тIамун, лъикI хIадурун къватIире рахъун рорчIани, гьел жалго разилъизе руго, хадубккун гъира базе буго.

-Иляс, лъида бараб бугеб гьеб жалго жидеего гIун чIеялъул суал?

-Лъидаха балеб, тIоцебесеб иргаялда школалъул нухмалъулезда, жалго мугIалимзабазда. ЦIикIкIун къватIире рахъун тадбиразда, къецазда гIахьаллъани, цIикIкIун лъайги щола, гIадамазда гъорлъ росунги рукIуна. Гьебги гьитIинаб кIваралъул иш гуро цIалдохъабазеги, мугIалимзабазеги, жибго школалъул цебетIеялъеги.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

4