Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

20.02.2017 16:49 Понедельник
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Жея, гIолохъаби !

Автор: МухIамад ГIУМАРАСХIАБОВ
Ответственный секретарь МБУ "Информационный центр" Шамильского района

Районалъул лъайкьеялъул отделалъул хIаракаталдалъун 19 февралалда ХIебда школалда тIобитIана  школлъималазда гьоркьоб «Жея гIолохъаби» абурал рагъулалгун спортивиял къецал. 

Жея гIолохъаби

Районалъул лъайкьеялъул отделалъул хIаракаталдалъун 19 февралалда ХIебда школалда тIобитIана  школлъималазда гьоркьоб «Жея гIолохъаби» абурал рагъулалгун спортивиял къецал.

Къецазда гIахьаллъана ХIебда, Гьоор, ХIотода ,Ругъелда, Бакълъухъ ва ТIаса Бакълъухъ школаздаса анлъго команда.

ТIаде щолеб бугеб «ВатIан цIунулесул къо» байрамалде тIобитIарал гьел къецазул тадбир рагьана ва гьеб нухда бачана лъайкьеялъул отделалъул гIолилазда гьоркьоб хIалтIи гIуцIиялъул бетIерав специалист МухIамадрасул Хатиевас. Гьесул рагIабазда рекъон къецал тIоритIиялъул аслияб мурадлъунги ватIан бокьулеллъун лъимал куцай,армиялда рагъулаб хъулухъ гьабиялде лъимал хIадури букIана. Гьес лъималазе бицана гьекъолел — мехтулел, гIакълу хIабургъинабулел жал хIалтIизариялъул бугеб заралалъул, лъимал нахъчIвана жакъасеб къоялда тIолабго Россиялдаго ахIи-хIур бахъинабураб жамгIияб гьундузда бугеб «Синий кит» абураб хIаялдаса.

 Гиря борхи, турникалда цIай,рекери, кIанцIи ва гьел гурелги цогидалги хIаязул тайпабаздаса гIуцIарал къецазда тIоцебесеб бакI ккуна Гьоор школалъул  командаялъ. КIиабилеб бакIалде бачIана ХIебда школалъул команда.Лъабабилеб бакI ХIотода ва Ругъелда командабазда гьоркьоб бикьана.

ЛъикIал хIасилал рихьизаруна ХIотодаса Г.МухIамадовас, М АхIмадовас, ХIебдаса А.Къадировас ва А.ХIажиевас, Гьоориса М. Хираевас ва И.ХирамухIамадовас, Ругъелдаса А.МухIамадовас.

Бергьенлъи босарал командабазе ва лъикIал хIасилал рихьизарурал цIалдохъабазе  районалъул лъайкьеялъул отделалъул рахъалдасан кьуна шапакъатал.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

4