Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

  • Всего материалов:
    6
  • Самый ранний:
    09.01.2019
  • Самый поздний:
    04.02.2022
Найдено 6 объектов
11.02.2020

М. ХIАСАНОВ: «Гьабулебщиналъул мурад- нилъер районалъул гьумер берцинлъи»

(Араб соналъул хIасилазулги бицун цIияб соналде хIисабалде босаралъул бицунеб буго районалъул бетIер МухIамад ХIасановасулгун нижеца гьабураб жакъасеб гара-чIвариялда.)
28.09.2019

АваргIурул рагIалда гьалбал лъалхъулеб рукъ

Дагъистаналда туризм цебетIеялъе гIуцIараб программаялда рекъон, нилъер районалда 21 сентябралда рагьана туристазул хаб. Аслиял туристазул маршрутазда республикаялда букIине буго кинабниги 8 хаб. Жакъа къоялде хIалтIизе биччан буго гьединаб лъабго хаб-гьалбал лъалхъулеб рукъ: Ирганаялъул хIорил рагIалда, Сулахъ гIурул гъварилъи бихьулеб Дубкиялъул борхалъуда ва Хунзахъ. Ункъабилеб рагьана нилъер районалъул ракьалда- АваргIурул мухъда, Датуна росдал рагIалда.
14.09.2019

Гъизляралъул МАИ-411 Москваялъул зодихъ

Дагьалъ цебе Москваялда гIагарлъухъ бугеб Жуковский шагьаралда букIана иргадулаб, Халкъазда гьоркьосеб авиационно-космический салоналъул выставка, къокъго- МАКС. 1993 соналдаса нахъе, кIиго лъагIалида жаниб цо нухалъ тIобитIулеб гьеб выставкаялда гIахьаллъула дунялалъул бищун церетIурал авиациялъул ва космосалъул техника гьабулел компаниял, цебетIураб гьеб босизе бокьарал. Исанасеб МАКС-2019 выставкаялда гIахьаллъана 33 пачалихъалдаса авиациялъул ва космосалъул техника гьабулеб 827 компания. Гьеб кIудияб выставкаялда ракIчIараб рорженгун, нусазаргоялдасаги цIикIкIун халкъ бакIарараб МАКСалъул салоналъул зодихъе бахана, нилъер районцояв Ибрагьим АхIматIов бетIерлъуда вугеб ОАО «Концерн КЭМЗ»алда гьабураб, гIемер рахъазда хIалтIизабизе бегьулеб, ункъго чи гIодов чIолеб, МАИ-411 самолет. 
17.05.2019

Кверда рекIун чороклъи хутIичIо

Ахираб кIиго анкьида жаниб гIемераб хIалтIи гьабуна нилъер районалъул росабалъ рацIцIа-ракъалъи цIуниялъе. Жидерго хIажалъи бихьун гIемериселго росабалъ тIоритIана жамагIатго гъункарал гваял-субботникал. Гьел рукIана нухал, кьоял, лъадал рахъал къачIалел, хобалал ва росдада сверухълъи бацIцIунел. «ТIабигIаталде- бацIцIадаб намусгун»- гьаб ахIиялда гъоркь «ЦОЛЪИ» казияталъ районалда лъазабуна, цIикIкIун гIадамал хIухьбахъизе унел гIурул рагIаллъаби, рохьал рацIцIиялъул акция-эстафета.