Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

  • Всего материалов:
    17
  • Самый ранний:
    25.01.2019
  • Самый поздний:
    13.04.2020
Найдено 17 объектов
17.05.2019

Миллионаз жидерго рухI кьуна..

КIудияб Бергьенлъиялъ 74 сон тIубаялда хурхун тIобитIараб рохалилаб тадбир, тIолабго улкаялдаго гIадин, кIодо гьабуна нилъер районалдаги. Амма исана парадалда гIахьаллъаразул къадар лъедерго букIана. КIал ккун рукIиналъ захIмалъи кколеб бугониги ракIалде щвезе бегьилаан Бресталъул хIинкъи гьечIел къеркьохъаби, Ленинградалъул 900 блокадаялъул къоял, Сталинградалъул къеркьей, концлагеразда къурбанлъарал, тылалъул захIматчагIазул хIалтIи. Гьеб ккола халкъалъул рекIелъ цIунараб лъалкI. Нилъер ихтияр гьечIо тарих кIочон тезе биччазе.
07.02.2019

ПасихIлъиялъул гьунарчагIи

Цояв хвалчен рекIарав, Цояв гIакълу рекIарав ВукIине кколин имам Къацандана наибал. Лъаларо щиб рекIарав ЛъикIав вукIунев имам, Амма кочIое имам Кинабго рекIарав лъикI. ХIамзатил Расулица хъваледухъ кинабго рекIарал, ай рикIкIунеб кочIолъ кинабго рекъон ккарал тIатинарулел къецал тIоритIана араб талат къоялъ районалъул Лъайкьеялъул отделалда. Рахьдал мацIалда Дагъистаналъул авторазул асарал пасихIго цIалиялъе къецазда гIахьаллъана районалъул микьго школалъул 11-леб классалъул цIалдохъаби.
25.01.2019

Махщелгун лъай борхинабе, гIолилал

Амма цIалун лъугIаниги цIакъ захIматго буго махщалида рекъон гIолилазе хъулухъ щвеялъул иш. ГьечIо гIолохъанал специалистазе хIукуматалъ чIезарурал хIалтIул бакIал.
25.01.2019

Анлъго школалъе щвана цIиял автобусал

Районалъул бетIерас  бицанихъе, гьел автобусал, 10 соналъ церего кьун рукIарал басриял хисун кьезе рихьизарун руго ДРялъул лъайкьеялъул министерствоялъ.
25.01.2019

Лъайкьеялъул идараби хасаб хъаравуллъуда

Школазда хинлъи букIинабиялдаса, хIинкъи гьечIолъиялъе, квание, медицинаялъул кумекалъе чIезарурал шартIазул халгьабулеб буго