Меню
16+

Сетевой центр «Хебда-онлайн»

  • Всего материалов:
    9
  • Самый ранний:
    14.09.2019
  • Самый поздний:
    13.04.2020
Найдено 9 объектов
13.04.2020

Учащиеся Центра одаренных детей Махачкалы рассказали, как они скучают по школе

Находясь на самоизоляции во время эпидемии новой коронавирусной инфекции, ученики республиканского лицея-интерната «Центр одаренных детей» записали видеообращение для своих учителей. В нем они рассказали, как скучают по школе во время карантина.
25.03.2020

Дистанционное обучение

Все как раньше — только на расстоянии
29.02.2020

«Живая классика» конкурсалде гъира цIикIкIунеб буго.

Классика — цо хасаб къагIидаялъ хъвараб тIехь гуро, гьеб буго хасаб къагIидаялъ цIалараб тIехь, -ян абун буго Аргентинаялъул поэт, публицист Х. Луис Борхесас. Унго-унгоги хасаб къагIидаялда хабариял асарал цIализе махщел бугел цIалдохъабиги, жидерго дарс ва цIалдохъаби рокьулел мугIалимзабиги ракIарун рукIана гьаб анкьил арбагI къоялъ лъайкьеялъул отделалда.
25.02.2020

Рагъул соназул кьогIлъи лъарал

Ункъго сон барав вас вукIана дун тIубараб нижер росуго Чачаналде гочине ккараб мехалъ. Дидаса 2 соналъ кIудияв Булатханил букIана 6 сон. Гьеб букIана 1944 сон. Мугъалда лъун дун, квер ккун Булатхангун эбел къватIие яхъинаюн йиго, кинабго магIишатги тун. МагIишатги, мина-къайги, гьор-бокь, буголъи бер бахилаб букIун буго, эмен гъоб заманаялъ харж бугеб хIалтIуда вукIиналъ. Гьев вукIун вуго росулъ бугеб 4 класс бугеб школалъул заведующий. Хучада гIурус мацI лъалев тIокIав гьев гурони чиги вукIун гьечIо. Инсуе гъоб заманаялъ премиялъе бачIараб патефон гьабсагIатги нижехъ буго.
11.02.2020

М. ХIАСАНОВ: «Гьабулебщиналъул мурад- нилъер районалъул гьумер берцинлъи»

(Араб соналъул хIасилазулги бицун цIияб соналде хIисабалде босаралъул бицунеб буго районалъул бетIер МухIамад ХIасановасулгун нижеца гьабураб жакъасеб гара-чIвариялда.)
18.11.2019

ЧIухIи жиндилъ гьечIев, калам дагьав чи Профессор ГIарип Абакаров ракIалдещвеялъе

Шамил район гIуцIаралдаса 90 сон тIубаялъул юбилеялде къватIибе бачIараб «Замечательные люди Шамильского района»- абураб тIехь цIалун хадуб, дида ракIалде ккана дирго пикраби загьир гьарун районалъул газеталде макъала хIадуризе. ЦIакъго лъикIаб тIехь хIадурун бугоан автораз, баркала гьезие районалъул машгьурал гIадамазул хIакъалъулъ гьедин берцин хъваралъухъ. Амма, щаялиго ТIасабакълъухъ росулъа профессор, мунагьал чураяв ГIарип МухIамадович Абакаровасул цIарцин гьениб батичIо. Гьелъги тIамуна дун нижер росуцояв, лъикIав инсан ГIарип Абакаровасул гIумруялъул нухлул, гьес нахъе тараб унго-унгоги мисалалъе мустахIикъаб лъалкIалъул районцоязе бицине.
06.10.2019

Муг1алимзабазул къо баркула!

ХIурматиял мугIалимзаби, тарбия- лъай кьеялъул тIолалго хIалтIухъаби! РакI-ракIалъ баркула нужеда 5 октябралда букIараб Халкъазда гьоркьосеб мугIалимасул къо! Нуж руго цIияб гIелалъе букIинеселъул кьучI лъолел, тарбиягун лъаялда цадахъ гьезулъ гIадамасул аслиял лъикIал хасиятал куцалел устарзаби. Жакъасеб къоялъ нилъер пачалихъ цебетIеялъе хIажалъула лъайгун бажари бугел махщелчагIи. Гьединлъидал, лъайкьеялъул бутIаялъ щивасул гIумруялда ккола аслияб бакI. МугIалимзаби, гьарула нужее сахлъи, ракълилаб гIумру, щивасе талихI, гьа­булебщиналъулъ икъбал, Биччан­те мугIалимазул сабруялъ, махщалил тIадегIанлъиялъ кидаго тIалъи босизе. Районалъул бетIер МухIамад ХIасанов
05.10.2019

Муг1алимзабазул къо баркула!

МугIалим. Гьеб рагIиялъул кIодолъи бичIчIуларев чи ватиларо ракьалда. Цо байрамалъул къоялъ гурелги, щибаб къоялъ кIодо гьаризе мустахIикъал руго мугIалимзаби. ЗахIматабгун хIалбихьи, жавабчилъи цIикIкIараб хъулухъ буго нилъер. ГIемерал кIвар цIикIкIарал масъалаби руго нужеда цере лъун. Нилъер районалъул учительзабаз намус бацIцIадго тIубазабуна ва хьул буго хадубккунги гьедин гьел масъалаби тIуразариялде. ХIурматиял, районалъул учительзаби, ракI-ракIалъго баркула нужеда профессионалияб байрам. Гьарула сахлъи, хIалтIулъ ва цогидал ишазулъ бергьенлъаби, пашманлъи гьечIеб, лъимал-хъизаналдаса рохараб гIумру. РФялъул мустахIикъав учитель,Лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулевИбрагьим ХIажиев
14.09.2019

Гъизляралъул МАИ-411 Москваялъул зодихъ

Дагьалъ цебе Москваялда гIагарлъухъ бугеб Жуковский шагьаралда букIана иргадулаб, Халкъазда гьоркьосеб авиационно-космический салоналъул выставка, къокъго- МАКС. 1993 соналдаса нахъе, кIиго лъагIалида жаниб цо нухалъ тIобитIулеб гьеб выставкаялда гIахьаллъула дунялалъул бищун церетIурал авиациялъул ва космосалъул техника гьабулел компаниял, цебетIураб гьеб босизе бокьарал. Исанасеб МАКС-2019 выставкаялда гIахьаллъана 33 пачалихъалдаса авиациялъул ва космосалъул техника гьабулеб 827 компания. Гьеб кIудияб выставкаялда ракIчIараб рорженгун, нусазаргоялдасаги цIикIкIун халкъ бакIарараб МАКСалъул салоналъул зодихъе бахана, нилъер районцояв Ибрагьим АхIматIов бетIерлъуда вугеб ОАО «Концерн КЭМЗ»алда гьабураб, гIемер рахъазда хIалтIизабизе бегьулеб, ункъго чи гIодов чIолеб, МАИ-411 самолет.